МагъчIваялъе рес

"Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъ риххизарулел руго ЮНЕСКОялъул сияхIалда ругел некIсиял шагьаразул хутIелал


«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIарал къокъабазул рагIула, Пальмира абураб некIсияб шагьаралъул чIватIелал ругеб Тадмур абураб Сириялъул шагьаралде тIаденкIанцIиялъул план. Гьеб бакI буго ЮНЕСКОялъул ТIолабго дунялалъул ирсалъул сияхIалда.

Инсанасул ихтиярал цIунулез ахIи балеб буго жигьадистаз гьужум гьабулеб букIиналда бан ва некIсиял кIалгIабазе ва къватIазе бугеб хIинкъи бихьун.

ГIиракъалдаги гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз риххизарулел руго некIсиял шагьаразул хутIелал.

Интернеталда лъун буго некIсияб Ассириялъул тахшагьарлъун букIараб Нимруд шагьаралъул хутIелал бульдозеразул кумекалдалъун ва кьвагьизариялъул къагIидаялда риххизарулеб куц бихьизабураб видео.

Сириялъул Пальмираялъе цебеги зарал ккун букIана улкаялда унеб гражданияб рагъалъе гIоло.

XS
SM
MD
LG