Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Турциялда НАТОялъул пачалихъазул къватIисел ишазул министразул данделъиялда Украиналъул машрикъалъул рахъалда улкаялъул армиялде данде чIарал къуватал ахIана Минскалъул къотIи-къаял тIуразариялде.
Анталья шагьаралда унеб кIигокъоялъулаб данделъиялда гьоркьоб лъолеб буго Украиналда, ГIагараб Машрикъалда ва ГIиракъалда бугеб ахIвал-хIал. НАТОялъул генералияв секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна, Россиялъ инкар гьабизе кколин, Украиналъул территориялда ахIвал-хIал хIалуцинарулел сепаратистазе квербакъи гьабиялдасайин.