МагъчIваялъе рес

Ходорковский ва Къадыров: напсияб тушманлъи


Ункъго моцIалъ цебе Чачан Республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница Михаил Ходорковский лъазавуна жиндирго тушманлъун. Гьеб тушманлъи къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго.

Араб анкьида «Медуза» абулеб интернет-сайталъе интервью кьолаго, Михаил Ходорковскияс гIемерал негативиял баянал гьаруна Чачан Республикаялда бан. Хасго гьелъул бетIер Къадыров Рамзанил ва гьес Россиялъул политикаялда хIалеб ролялъул хIакъалъулъ. ГIадатияб къагIидаялъ бакIалъулал политикиял ва жамгIиял хIаракатчагIаз Ходорковскияс бицараб щинаб нахъ чIвана.

Рамзан Къадыровасул къадру берцинго цIунулез абулеб буго, гьев кколин Чачанлъиялда рекъел ва паракъалъи цIунулев гарантлъун. Гьелъул гIаксалда Ходорковскияс абулеб буго Къадыров ва гьесул чукъа кколин тIолго Россиялъе асар гьабизе хIаракат бахъулеб миллияб такъсирчилъиялъул гIуцIи.

Гьес гьединго абуна, Къадыров вугин Россиялъул президентасул хадучи. Ва жиндир ракI чIун гьечIин Къадыровасул бетIерлъуда гъоркь ругел цо-цо къуватал идараби Россиялъул президентасе мутIигьал рукIиналда.

2013 соналда туснахъалдаса эркенлъуде виччарав Михаил Ходорковскияс гIаммаб къадаралда жаниб анцIго сон бана. Гьесул гьалмагъзабаз абулеб буго гьабго щинаб заманалда Ходорковскияс мухIканаб цIех-рех гьабулаанин улкаялда, хасго Чачан республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул.

Ходорковскиясул хIисабалда Россиялъул президент Владимир Путиницаго гIадин Рамзан Къадыровасги гIаммал гьабулеб бугин жамгIияб пикруялъе асар гьабизе. Ва гъозул политикияб хьвада-цIвади цоцада релъараб бугин. Масала цин кьварараб гали тIамун, цинги ралагьун чIолел ругин гьел дандерижи багъаризегIан. Жавабияб гьаракь загIипаб батанани, тIамилаан кIиабилеб, жеги кьварараб гали.

Кремль какулезул рагIабазда рекъон Владимир Путиница цебеккунго ургъун гIадахъ росулел гьечIин Чачан республикаялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби ва сан гьабичIого толеб бугин гьениб гьеб рахъалъан бугеб ахIвал-хIал. Путинида кколеб батилин Къадыров – цохIого цо политик вугин бусурбабазул къеркьейчагIи мутIигIлъизаризе ресал ругев.

Араб моцIалда Москваялда бугеб «Рагьараб Россия» абулеб Михаил Ходорковскиясул гIуцIиялъул офисалда тIобитIана документалияб фильмалъул презентация. Гьеб фильмалда рихьизарун руго Чачан республикаялда гIадамал рикъиялъул, гъозие гIазаб-гIакъуба кьеялъул ва зулму гьабиялъул хIужаби. Рамзан Къадыровасул ва гьесул гор-свериялъул ццим бахъинабуна гьеб тадбиралъги жибго фильмалъги.

«Медуза» абулеб рехсараб сайталда Ходорковскиясул интервью загьирабун хадусала, чачаназул хъвадарухъаназ, журналистаз ва гIалимзабаз (гIаммаб къадаралда 24 чи) гъулбасал лъуна хасаб лъазабиялда гъоркь. Гьеб лъазабиялда гьез абулеб буго жиндирго улкаялда талавурлъи гьабизе рес камурав Ходорковскияс гьанже гьадинабго бакIаб гIайиб цогидазде гIунтIизабулеб бугин. Путиница Къадыровасе кьолеб тIадегIанаб къимат битIараб бугин, хIасил гьабулеб буго гьез.

Чачан республикаялъул жамгIияб палатаялъ жиндир иргаялда лъазабуна, Ходорковскияс къасд гьабулеб бугин чачаназул карта хIазабизе жиндирго пайдаялъе. Гьесул аслияб мурад бугин – Россиялъул жамгIияталда питна бижизаби.

Грозный-информ абулеб официалияб информагентлъиялъул бетIер Сергей Вишневскияс Ходорковскиясда абуна гьев цIогь, яхI-намус гьечIев питначи ва хиянатчи вугин. Жиндир заманалда Чачанлъиялда кIиабилеб рагъ унеб мехалда гьес Басаевасе, Хаттабие ва цогидал авлахъалъулал бутIрузе гIарцIул квербакъи гьабулаанин.

Гьеб тIоцебесеб дагIба гуро Ходорвскиясулгун Къадыровасул.Босе мисалалъе исана январь моцIалда букIараб хIужа. «Charlie Hebdo» абулеб Франциялъул журналалда МухIамад авараг махсароде тIамулел суратал рахъулел речIчIун чIван хадусала Ходорковскияс ахIи бана гьел карикатураби цогидал киналго журналазда такрар гьариялде. Хасго доб заманалда Къадыровас Ходорковский жиндирго напсияв тушманлъун лъазавуна.

Макъала буссинабуна Дугъричил МуртазагIалица.

XS
SM
MD
LG