МагъчIваялъе рес

Малашенко: «"Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса хIинкъи бугин абизе кIоларо»


«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда тIаса гIелмиял цIех-рехал гьарулел руго Россиялъул социологиялъул батIи-батIиял центразда. Гьел центразул докладазул хIасилалги цоцада релълъарал гьечIо.

ГIемерисала докладазда рехсараб суаллъун ккола гьеб гIуцIиялдаса Россиялъе хIинкъи бугищали абураб суал.

Мисалалъе, Россиялъул ГIелмабазул Академиялде гъорлъе унеб дуниялалъул экономикаялул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институлъул цIех-рехалъул къукъаялъул докладалда хъван буго «Исламияб пачалихъ» гуцIиялдаса Россиялъе кинабгIаги хIинкъи гьечIин. Гьеб институталъул вакил, политикиял гIелмабазул доктор Екатерина Степановалъ хъвалеб буго экспертаз абулеб бугин Сириялдаса тIадруссунел кавказалъулаз ахIвал-хIал хIалуцинабизе бугин рикIкIунилан, амма рагъизе арал чагIазул къадар батIаго кIудияб гьечIин ва гьелдаса хIинкъи Россиялъе букIинарин.

Исламиябгун сепаратизмалъулаб багъа-бачари ахирисел соназда Россиялда гIодобе кколеб бугин рикIкIунеб буго Степановалъ ва мисаллъун бачунеб буго «терроризмалъул индекс» абураб статистика. Гьелда рекъон, араб соналда Россия Филиппины ва Тайландалда гьоркьоб букIана.

Россиялъул Генпрокуратураялде гъорлъе унеб цIех-рехалъулаб институталъул профессор Виктор Меркурьевас жиндирго докладалда хъвалеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициял щулалъанагIан терроралде дандекъеркьеялъул политикаги Россиялда эффективияблъун бахъине бугин.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдаса Россиялъе хIинкъи букIина экономикияб хIал улкаялда кризисалде кканиилан абуна «Эркенлъиялъе» политолог Алексей Малашенкоца.

Алексей Малашенко: «Жакъа къоялда ва гIагараб заманалда Шималияб Кавказалъе "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса хIинкъи бугин абизе дида кIоларо. Гьелда сверухъ унел ругел харбал ккола цIакъго кIодо гьарураллъун. ТIадежоялъе, цо-цо политиказ ургъунго гIемер бицунеб буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул. Гьезда бигьаяблъун батана, мисалалъе, жидерго улкаялда бугеб терроризмалъул бицичIого, цогидаб улкаялда бугелъул бицине. Цо жо буго аскIор ругел исламистазул бицине, цогидаб - дора кире ругел лъаларезул бицине. Амма "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса хIинкъи буго Россиялъе. Гьеб бан буго улкаялда букIинесеб экономикияб ахIвал-хIалалда. Гьеб хIал батIаго лъикIаб гьечIо жакъа къоялда, метер гьеб жеги хIалуцинехъин буго. Шималияб Кавказалъул регионазул экономика Россиялъул бюджеталда бараб буго. Централдаса рачIунел дотациял дагьлъила ва гьелдалъул социалиял гIузраби республикабазда цIикIкIине руго. Экстремизм тIибитIиялъе квербакъи гьабулел аслиял гIиллабазда гъорлъ социалиял масъалаби руго. Гьединаб хIалалде Россия кканани "Исламияб пачалихъалдаса" хIинкъи букIине бегьула».

АхIвал-хIал Шималияб Кавказалда жакъа къоялда парахалъулеб батаниги, букIинесеб хIал хIалуцараблъун бихьулин жиндаилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца.

Татьяна Локшина: "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялда хIинкъи цохIо Шималияб Кавказалъе яги Россиялъе бугин аби дида цодагьго мекъаблъун бихьула. ТIолго дуниялалъе хIинкъи буго. Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал парахалъулеб буго. Ахирисеб заманалда радикалиял исламиял къукъабазул церехъаби чIвана, жалго тунка-гIусиял, кьвагьигун кьвагьдеял къанагIат гурони рукIуларо. Цояб рахъалдаса абизе бегьула низам цIунулезул хIалтIи лъикIлъанилан, амма дида ккола ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисиялъе цогидаб гIилла бугин: радикалиял бербалагьиял ругел бусурбаби гочана Россиялдаса Сириягун ГIиракъалде. Экстремизмалъул идеяз ккурал буссурбабаз рикIкIунеб буго жакъа къоялда аслияб жигьад Сириялда унеб бугилан ва гьенире гочунел руго гьел. Гьединго гьенире ана Шималияб Кавказалдаса чагIиги. Гьел тIадруссине ругилан абулеб буго, гьеб масъала кIкIвар кьезе кколеблъун рикIкIунеб буго. Киса-кибего республикабазул нухмалъулез бицунеб буго лъикIлъараб ахIвал-хIалалъул, амма гьез ва низам цIунулез цо жо хIисабалде босулеб гьечIо. Нахъруссине ругел дол чагIи рагъда гIахьаллъана, рагъулал ругьунлъаби гьаруна гьезие базаязда, тIадежоялъе гьелгун идеологияб хIалтIи гьабуна. Гьезда дандеккун Шималияб Кавказалда ругел "рохьилазда" лъималин абизе бегьула. Гьеб жо хIисабалде босулеб гьечIин Россиялдаян ракIалде кколеб буго. Гьелдалъун букIинисеб ахIвал-хIалалда батIаго ракI боххизе бегьулеблъун абизе кIоларо».

Сириялда чан дагъистанияв вагъулев вугев ва щиб гIилла сабаблъун гьел рагъде арал? «МухIканго тарихаздалъун къиматал лъицаниги кьезе гьечIо: цо-цояз абулеб буго «Исламияб пачалихъалда» гъорлъ анкьазарго дагъистанияв вугин, цогидаз щуазарго вугилан абулеб буго, амма гьел тарихал зодоре рахинарураллъун рихьула», - ян жиндаилан абуна «Эркенлъиялъе» МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» вакил АхIмад Ярлыкаповас.

Жиндир пикруялда рекъон, жакъа къоялда Сириялда рагъда вуго кIиазарго дагъистаниявилан абуна экспертас. Гьес абулеб буго гьенире исанаги гочине ругин дагъистаниял. «Амма гочунезул къадар цIакъго цIикIкIине бугин абизе кIоларо. Рагъде инехъин рукIарал гIемерисел некIого рагъда руго. Исана цIикIкIине бегьула тIадруссунезул къадар», - илан абуна гьес. Локшинаца гIадин Ярлыкаповасги рикIкIунеб буго тIадруссунез ахIвал-хIал хIалуцинабизе бегьулин Шималияб Кавказалда.

XS
SM
MD
LG