МагъчIваялъе рес

«Путин. Рагъ» абураб Борис Немцовасул докладалъул презентация тIобитIана Москваялда


Москваялда РПР-ПАРНАС партиялъул централияб офисалда тIобитIана «Путин. Рагъ» абураб Россиялъул рагъулал Донбассалда ругин бицунеб чIварав оппозицияв политик Борис Немцовас хIадур гьабулеб букIараб докладалъул презентация. Докладалда бицунеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рагъулазул камиязул ва Россиялъул доба рагъулаб операция тIобитIиялъе хвезабулеб гарцIил къадарлъул хIакъалъулъ.

Документалда, мисалалъе, абулеб буго, 20I5 соналда январалдаги февралалдаги Донецк регионалъул Дебальцево шагьаралда тIоритIарал тунка-гIусиязда Россиялъул 70 рагъулав хвеялъул хIакъалъулъ. Гьенибго бицунеб буго 20I4 соналъул августалда Иловайск шагьаралда аскIоб Украиналъул армиялъул гьужум чIезабулеб мехалда Россиялъул I50 рагъулав хвеялъул хIакъалъулъги. Хваразул гIагараз Борис Немцовасда лъазабун буго, Украиналде ритIиялда цебе гьел армиялъул хъулухъалдаса махIрум гьарулел рукIараблъиялъул ва гьединаб къагIидаялда гьел жидеего бокьун Донбассалде араллъун лъазарулел рукIараблъиялъул хIакъалъулъ.

Немцовасул докладалда рекъон, Украиналда тIобитIараб операциялъе Россиялъ I0 моцIалда жаниб хвезабун буго 53 миллиард гъурущ. Гьединаб хIисаб докладалда бачунеб буго Немцовасда цадахъго докладалъул авторлъи бугев Экономикаялъул тIадегIанаб школаялъул макроэкономикиял цIех-реххазул рахъалъан директор Сергей Алексашенкоца.

XS
SM
MD
LG