МагъчIваялъе рес

ДНР хIадураб буго лъиданиги бачIеб пачалихъ гIуцIиялъул идеялдаса инкар гьабизе


Жинцаго жибго «Донецкалъул халкъияб республикалъун» лъазабураб гIуцIиялъул нухмалъи хIадураб бугоУкраиналдаса батIалъун, жидерго лъиданиги бачIеб пачалихъ гIуцIиялъул идеялдаса инкар гьабизе, Киев Минскалъул къолтIи-къаял тIуразарун, территориялъе гIатIидаб автономиялъул хасаб статус кьезе хIадураб батани. Гьединаб лъазаби гьабуна ДНРалъул нухмалъулезул цояв Денис Пушилиница, «Донбасс: сон, жакъа, метер» абураб форумалда цеве вахъунаго.

Германиялъул канцлер Ангела Меркелица гьатIан къоялда Россиялъул президент Владимир Путингун данчIвалеб мехалда лъазабун букIана, Украиналъул территориалияб тIолголъи нахъ буссинабизе кколин. Россиялъул президентас рагIи кьуна, «ругел киналго ресал хIалтIизаризе» Донецкалъулги Луганскалъул «халкъиял республикабазул нухмалъиялде асар гьабиялъе.

XS
SM
MD
LG