МагъчIваялъе рес

Азербайжаналда диваналъ туснахъ гьавуна оппозициялъул цевехъан


Азербайжаналда диваналъ туснахъ гьавуна оппозициялъул цевехъан Фарадж Керимли. Диваналъул хIукмуялда рекъон, анлъгогун бащдаб сон бихьизабуна гьесие. Наркотикал ричиялъулъ гIайибияв вугин Керимлиян лъазабулеб буго диваналъ.

«Мусават» абураб оппозициялъул партиялъул нухмалъулев хисулевлъун кколаан Керимли. Гьес абухъе, низам цIунулез ургъунго рагьана гьесда тIад уголовияб иш. Азербайжаналъул президент Ильхам ГIалиевасул администрациялда бугеб ришватчилъиялъул хIакъалъулъ информация тIибитIизабулеб букIана Керимлица.

Марталда гьединго туснахъ гьавуна Керимлил вац Сирадж. Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, Азербайжаналъул нухмалъиялъ оппозиция ургъунго тIагIинабулеб буго. 1993-леб соналдаса байбихьун нухмалъиялда вуго ГIалиев. 2013-леб соналда гьев лъабабилеб нухалда вищана президентлъун. Гьел рищиязда чанги къанунхвезариял рукIанин лъазабуна инсанасул ихтиярал цIунулез.

XS
SM
MD
LG