МагъчIваялъе рес

Ярагъ бугел бергьунел руго


МахIачхъалаялда 1 маялъ ккараб кьвагьа-гIанхъиялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ.

Жакъа кодоб ярагъ бугез, гьелда мугъчIвай гьабулеб бугин. Гьеб кьвагьи ккезе букIинчIин, кодоб ярагъ гIицIго цо хасал чагIазухъ гуреб, киназухъго букIине ихтияр киназего щвананийилан рикIкIунеб буго экспертас.

Дагъистаналъул тахшагьаралда 1 маялъ ккараб кьвагьиялъул хIасилалда 4 чи хун ва 5 чи азарханаялде ккун вугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул Комитеталъул сайталда. Гьелда бан рагьун бугила такъсир гьабиялъул иш, кIиго ва тIаде чи чIван ва изну гьечIого ярагъ хIалтIизабиялда бан.

1 маялъ, бакъанидехун, МахIачхъалаялъул Ленинин кватIалда бугеб «Гамбит» абураб кафеялда хIухьбахъулезда гьоркьоб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда чIваразда гъорлъ руго Лаваша мухъалъул Жанисел ишазул нухмалъиялъул вакил ТIагьаев Шамиль, гьесул ишал тIуралев хIалтIухъан ва цоги гIагарав вас.

ТIоцебесеб маялъ гьез хIухьбахъи гьабулеб букIун буго кафеялда, гьенирго хIухьбахъи гьабулел рукIун руго Сайгид МуртазгIалиевасул сверухълъиялдаса чагIи ва Дагъистаналъул пенсиязул Фондалъул бутIаялъул нухалъулев Мусалав ГIумаров. Гьезда гьоркьоб ккараб кIалъай кьвагьа-гIанхъиялде сверун буго. Мусалав ГIумаров, ТIагьаевасул вац ва жеги лъабгоял гьабсагIат азарханаялда ругила. ЦIех-рехалъул Комитеталъул вакил Расул Темирбековас баян гьабухъе, лъица тIоцебе ярагъ хIалтIизабураб ва гIайибияв щив кколевали мухIкан гьабулеб бугила, цогIаги тамихIалде цIарав чиги гьечIила.

Гьеб лъугьа-бахъин бачIиндаго хурхинабулеб букIана Сайгид МуртазгIалиевасда ва Амировасда, гьезул чагIи гъорлъ рукIиналъ, амма цIех-рехалъул аслияб версия бугила гIадатияб кIалъай ккун букIин гьезда гьрокьоб.

Гьеб кафеялда гьоркъоса къотIун ратIа гьарурал бакIазда хIухьбахъи гьабулел рукIанин ТIагьаев, гьесул вац ва цоги гьесул сверухълъиялъул чагIи. Цогидаб рахъалда ГIумаров ва МуртазгIалиевасул цIуна-къаялъул хIалтIухъаби рукIанила гIодорчIун. Гьел ругеб бакIалдехун мекъи ккун цогидав чи ваккидал, гьез хъачIго рагIи абунин, гьелдаса кIалъай кканин кIиябго рахъалда гьркьобин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе гьеб лъугьа-бахъин ккараб бакIалда вукIарав чияс. Заманалдасан гьенире рачIанила чанго автомобиль, къватIире рахъун хадуб, гьениб кьвагьа-гIанхъиги кканила.

Ресги бугев кверщелги бугев чиясухъ букIунеб бугин ярагъ, мискинав, рес гьечIев чиясухъ гьеб букIунарин. Кинаб бичIунгутIи кканиги витIарав вугониги, кодоб ярагъ гьечIев чи къурав кколин. Гьеб квагьи ккеялъе гIиллаги кканин гьедин бичIчIунгутIи ккедал, цояз ярагъ бахъийин рикIкIунеб буго «Новое дело» газетаялъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIиттовас.

ХIажимурад СагIитов: « Жакъа къуватаб хIукумат ва къуватал хасал хъулухъал гьечIо. Ресги гIарацги бугев чиясухъ буго ярагъ. ГIарацги ресги гьечIев, тIалъиялдаги гьечIев чиясухъ ярагъ гьечIо. Кинаб букIаниги бичIчIунгутIи ккедал, мискинчи кколев вуго къуравлъун, витIун вугониги, щайгурелъул гьесухъ ярагъ гьечIогон данде бахъизе. Гьединлъидал ярагъ киназего босизе ихтияр кьезе ккола, щайин абуни, гьеб мехалъ киназулго ресал ращад рукIине руго. Щай гьеб дица абулеб – щайгурелъул хIукуматалъул авторитет гьечIолъиялъ, сундулго бетIергьанлъун гIарац лъугьун буго, гьелъ киназухъго ярагъ букIине ккола. Гьеб квешаб жо буго дица абулеб, амма гьеб буго квешал нухазда гьоркьоб бищун лъикIаб».

СагIитовасул пикрулда, жакъа ярагъ кодоб бугез гьелда мугъчIвай гьабун бокьараб рагIи бицунеб буго кIалъай ккедал. Гьеб конфликтги кколила гьедин, ярагъ кодоб бугел рукIиналъ, бокьарал рагIаби рицун ккарабин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIажимурад СагIитов: «Щай цоясухъ букIине кколеб ярагъ, цогидазухъ кколареб? Гьеб мехалъ гIадамал ругьунлъизе руго бицунеб рагIидухъ жаваб кьезе. Тарихалде руссанани, инкъилаб бахъилалде цебе киназухъго букIана ярагъ. Кинаб букIаниги рагIи абилалде, яги гьабилалде цебе чи ургъулев вукIана, гьелъухъ жаваб цоги, гьединабго ярагъ барав чиясе кьезе ккеялда тIад. Советияб хIукуматалъ гарантия колеб букIана хIинкъи гьечIолъиялъул киназего. Жакъа буеб тIалъиялъ цIунакъаялъул гарантиял кьолел гьечIо. Гьеб лъугьу-бахъиналъулъ кIиязухъго ярагъ букIинчIебани, гьезул цояз цоявги чIван лъугIизе букIана иш, кIиязухъго букIиналъ, гьеб хIасилалде рачун руго».

Ярагъ кодоб букIине изну бугила хIукуматалъул гурел цIунакъаялъул гIуцIабазул хIалтIухъабазул, амма гьединал гIуцIабиго къваригIине рукIинчIила, къуватаб хIукумат ва Жанисел ишазул идараялъул авторитет букIарабани.

XS
SM
MD
LG