МагъчIваялъе рес

Ливиялдаса мигрантал хвасар гьаруна Италиягун Франциялъ


Ливиялъул ралъдал рагIалда аскIов 3700 мигрант хвасар гьавунин ахирал къояздаилан, лъазабулеб буго «Би-би-си» каналалъ. Италиялъул ва Франциялъул ралъдалгун рагъул хъулухъазул хIалтIухъабаз хвасар гьаруна Ливиялдаса гочунел рукIарал гьел гIадамал. Италиялъул портазда руго гьел жакъа-къоялда.

«Лента.ру» сайталъул баяназда рекъон, араб соналда Африкагун ГIагараб Машрикъалдаса Италиялде гочун рагIула 170 азарго чи. Гочунел чагIазул масъалабазул хал-шал гьабулеб ОННалъул идараялъул информациялда рекъон, Европаялде гочунаго ралъдалъ араб соналда 3500 чи гъанкъана.

Гьаб соналъул байбихьудаса Ракьазда гьоркьосеб ралъадалда хвана Ливиялдаса 1750 мигрант. Миграциялъулал хал-шалал гьарулел гIуциязул баяназда рекъон, исана ралъдалъ 30 азарго чи хвезе рес буго, мигрантазул масъалаялъе кIкIвар кьечIони.

XS
SM
MD
LG