МагъчIваялъе рес

Нигериялда хвасар гьарун руго 234 руччаби ва ясал


Нигериялъул аскарияз хвасар гьаруна «Боко ХIарам» абулеб экстремистикияблъун рикIкIунеб радикалиял бусурбабазул гIуцIиялъул гIахьалчагIаз кьовид гьарурал 234 руччаби ва ясал.

ТIадтаразул баяналда рекъон рагъулаб операция тIобитIана Самбиса абулеб рохьоб. Хасго дора руго экстремистаз чIей гьабулел бакIал.

ГIаммаб къадаралда гьаб анкьида Нигериялъул аскарияз хвасар гьавуна гъоркьлъалие ккурай 677 чIужу-гIадан. Гьезда гъорлъ рукIун руго лъимадуе йикIарай руччабиги. Ахирисеб 6 соналда жаниб «Боко ХIарам» гIуцIиялъул рагъухъабаз гьарурал гьужумазул хIасилалда Нигериялда ва мадугьаллихъ бугел улкабазда 13 азарго чи чIван вуго.

Amnesty International гIуцIиялъул баяналда рекъон 2014 соналдаса байбихьун экстремистаз кIиазаргогIан руччаби ва ясал рикъана.

XS
SM
MD
LG