МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда чIужу-гIадан чIваразе диван байбихьана


Афгъанистаналда диваналда цеве эхетизавун вуго 50-гоялдаса цIикIкIарав чи. Гьезда гъорлъ 19 полициялъулав. Гьезде гIунтIизабулеб гIайиб - исана март моцIалда Фархунда абулей 27 сон барай чIужу-гIадан вахIшияб къагIидаялда чIвай.

Гьей чIужу-гIадан гIайибияйлъун рикIкIун йикIана Къуран бухIиялда бан. Цимм бахъарал гIадамаз далилал рачинчIого, гьей юххун чIвана, хадуб бухIизабуна гьелъул жаназаги.

XS
SM
MD
LG