МагъчIваялъе рес

ГIараб вузазул студентазе Дагъистаналда адаптация гьабила


​ГIараб улкабаздаса цIалун тIадруссаралгун адаптациялъулаб хIалтIи гьабизе кколин абуна гьал къоязда Хасавюрталда тIобитIараб гIалимазул мажлисалда.

Гьеб тадбир гIуцIана шагьаралъул администрациялъги ГIараб улкабазда цIалулел рукIаразул шураялъги.

Жакъа къоялда кIиазаридаса цIикIкIун дагъистанияс лъугьизабунин гIарабиял улкабазул вузилан абуна данделъиялда.

«Цогидаб улкаялда цIалулеб мехалда нилъер студентазул бербалагьи тIубанго хисизе рес буго. ЦIали лъугьун хадуб нахъруссаразе захIмалъулеб буго гIадамалгун хабар цойиде ккезабизе, ричIчIунгутIиял раккулел руго. ГIемерисала гьелъул хIасиллъун кколеб буго динцоялгун дандечIей бакки. ТIадежоялъе, гьел студентал радикалиял багъа-бачариязда гъорлъ ккезе рес буго», - ян абуна Хасавюрт администрациялъул вакил ХIайбула ГIумаровас.

Студенталгун хасал кIалъаял гьаризе кколин абуна Терроралде дандечIараб бакIалъулаб комиссиялъул нухмалъулев ХIабиб МухIамадовас. Гьес рикIкIунеб буго студенталгун дандчIваял гьаризе кколин ва гьениб бицине кколин жамгIияталда бугеб ахIвал-хIалалъулги, диналъул масъалабазулги, исламалъул рахъалдаса кIкIвар кьезе кколел суалазулги.

Исламияв журналист ГIабдулхIамид ХIажиевас «Эркенлъиялъе» бицаралда рекъон, гьединаб адаптация къваригIун буго. Гьес абухъе, цIализе унел ругиланги абун цо-цо гIолилал гIараб улкабазде гьенир ругел радикалиял къукъабазул тадбиразде гIахьаллъизе унел руго.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:00 0:00
Интернет-мухъ

Исламияб лъайкьеялъе ахирисеб заманалда кIкIвар кьолеб буго Россиялда. КъватIисел улкабазул исламиял вузазде цIализе унезул къадар дагьлъизабиялъе гIоло Россиялда исламияб лъайкьей цоиде бачинехъин буго: 1-себ сентябрялдаса байбихьун исламиял вузазда ва мадрасазда дарсал кьезе руго цохIо стандартазда рекъон.

XS
SM
MD
LG