МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъ» гIуцIи – Россиялъул аслияб тушман


«Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялда сверухъ бахIсал Россиялда гьоркьоса къотIулел гьечIо.

Цоял экспертаз абулеб буго Абу Бакр аль-Багдади чIван хадув гьеб гIуцIиялъул багъа-бачари тIагIилин, цогидаз рикIкIунеб буго щибго хисиларин ва Россиялъе хIинкъи бугин гьеб гIуцIиялдаса.

Журналисталгун дандчIваялда цодагьалъ цебе КъватIисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев Сергей Лавровас абухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIи ккола жакъа къоялда Россиялъул аслияб тушманлъун.

Министрасул рагIабазда рекъон, Америкаялъул Цолъарал Штатазул политика сабаблъун баккана «Исламияб гIуцIи». Гьес бичIчIизабуна ГIагараб Машрикъалда Совет хIукуматалде дандечIезян америкаялъулаз жиндир заманалда «Аль Каидаялъе» гIарац биччалеб букIанин. «ГIуцIи СШАялъул нухмалъиялдасан эркенлъараб мехалда, америкаялъулаз гьезда террористалин абуна. Гьеб гIуцIиялъул политика сабаблъун баккана «Исламияб пачалихъги», гьелдаса хадуб «Аль Каидацаги» инкар гьабуна гьеб гIуцIигун бухьенал кквезе», - ян бицана Лавровас.

Амма министрас абуна США жиндирго гъалатIазе мукIурлъичIониги, терроралде дандекъеркьеялъулъ жакъа къоялда Штатал Россиялъул партнерал ругилан. Лавровас гьединго бицана Россиялъ рахъкколеб бугин ГIиракъалъул ва Сириялъул официалияб хIукуматалъул. Сириялъул хIукумат СШАялъни демократиялъулаблъун рикIкIулароан, амма ГIиракъалъул нухмалъи Штатазул хIаракаталдалъун гIуцIараб буго. Лавровасасул рагIабазда рекъон, кин-букIаниги, гьел хIукуматазе бищун эффективияб кумек жакъа къоялда Россиялдаса щолеб буго. Гьелдалъун «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ Россия жидер тушман бугин лъазабунаян абуна министрас. РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе гьеб гIуцIиялъул вакилаз интернеталда лъураб видеоялдаса лъазабуна Россиялдаса Шималияб Кавказ эркен гьабизе мурад бугин жидерилан.

Экспертазул баяназда рекъон, «Имарат Кавказалъул» цевехъан чIваялъ «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул регионалда ругел позициял щулалъизарила. Мисаллъун бачине бегьула Кабарадино-Балкариялдаса «рохьилазул» цевехъанас гьал къоязда гьабураб байгIат. «Кабардино-Балкариялъулгун Карачай вилайаталъул» амир вугин абулев ГIабдула Занкишиевас видеохитIабалдалъун гьа бана “Исламияб пачалихъалъул” цевехъанасе.

ТIоцере гьединал байгIатал гьаруна Дагъистаналдаса «рохьилаз». Амма гьа барал «рохьилазул» къукъабазде гъорлъе унел чIвана гьал къоязда республикаялда тIоритIарал хасал операциязда. Гьелдалъун абизе бегьиладай «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициял щулалъизе ругин Шималияб Кавказалда?

Гьеб суалалъе жаваб балагьулаго ракIалде щвезабила цодагьалъ цебе СКФОялда вугев президентасул вакил Сергей Меликовасул рагIаби. Пресс-конференциялда гьес бицана Сириялде оппозициялъул рахъккун рагъизе Россиялдаса I500 чи ун вугин ва гьезда гъорлъ гIемерисел кавказалъулал ругилан. «Амма гьезда гьорлъан цо-цоял нахъруссунел руго: цоял рекIекълъун, цоял цогидал мурадаздалъун. Россиялъул къануназдалъун жавабалде цIазе ккола гьел тIадруссарал», - илан абуна Меликовас. Гьес рикIкIунеб буго нахъруссунезда гъорлъ шаригIат чIезабизе хьул бугел гIемер рукIине бегьулин. Гьезие къвакIараб тамихI букIине кколин абуна вакилас ва тIаде жубана – рекIекълъаралгун адаптациялъулаб комиссия хIалтIизе кколин.

Гьеб суалалда тIаса радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабун букIана МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» эксперт Вадим Мухановас.

Вадим Муханов: «Жакъа къоялда Сириялдаса кавказалъулал нахъруссиналъул хIужжаби руго, амма гьел гIемер ругин абизе кIоларо. Гьелдалъун Меликовасул рагIаби дида ричIчIула профилактикиял гIадин, букIинесеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун абураллъун. Чан чи жакъа къоялда тIадвуссарав? Статистика гьечIо. Гьединго адаптациялъул процесс гьал чагIигун кин хIалтIизабизе бугебги бичIчIулеб гьечIо. Амма полпредас пуланал идарабаздаса тIалаб гьаризе ратила адаптациялъул механизмал. ТIадруссунезул масъала жакъа къоялда батIаго гьечIо, амма экспертазул прогнозазул халгьабуни бихьула, гьаб соналъул ахиралда гьеб суал тIоцебе кIвар кьезе кколеблъун бахъине букIин».

Мухановасул коллега АхIмад Ярлыкаповасул рагIабазда рекъон, рекIекълъун тIадруссунел ругин дагъистаниялилан абураб жоялда тIубанго божизе бегьуларо.

«Рагъулаб жигьад тIолго дуниялалда тIибитIизаби - гьеб ккола «Исламияб пачалихъалъул» идеологиялъун. Гьеб идеологиялъул рахъкколел тIадуруссунезда гъорлъ гIемер рукIине бегьула. Жалго гьел тIадруссунел щал ругел? Гьел руго рагъда гIахьаллъарал чагIи, рагъизе ругьун гьарурал чагIи. «Исламияб пачалихъалъул» рахъ кколезда гъорлъ федерализациялъулал пикраби тIиритIун руго», - ян абуна экспертас. Гьел бербалагьиялгун нахъруссунел дагъистаниязда гъорлъ рукIине гьечIилан абураб жоялда божизе захIмалъулин загьир гьабуна гьес жиндирго пикру.

XS
SM
MD
LG