МагъчIваялъе рес

Ж.Царнаевасул адвокатаз гьа-баразе далилал рачана


Бостоналда итни къоялъ букIараб Жовгьар Царнаевасе гьабулеб диваналъул ахирисеб данделъиялда гьесул адвокатаз гьа баразе далилал рачана, гъозул хIисабалда Царнаевасе гIумру цIунизе рес бугел.

Царнаевасда чIван вуго 2013 соналда Бостоналда букIараб марафоналда кьвагьдари хIадур гьабиялъул гIайиб. Адвокат Дэвид Брукица ракIалде щвезабуна, Жовгьарие доб мехалъ 19 сон букIанин. Гьесул гIакъуялъе квешаб асар гьабунин батIи-батIиял гIиллабаз. Хасго эбел-эмен ратIалъун рукIиналъ.

Гьеб гуребги, Жовгьарил бербалагьи квешаб рахъалдехун буссинабунин гьесул кIудияв вац Тамерланица. Хасго гьев вукIанин теракт гIуцIарав ва гьабурав аслияв гIахьалчи. Тамерлан полициялъ чIвана добго къоялъ.

XS
SM
MD
LG