МагъчIваялъе рес

ООНалъул хIисабалда Йеменалъул конфликталда ахирисеб моцалда хун вуго 550 чи


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, Йеменалъул конфлиталда ахирисеб моцIалда хун вуго 550-ялдасаги цIикIкIун чи. Гьезда гъорлъ рагIула 31 чIужугIадан ва бищун лагь босун 115 лъимер.

ООНалъул хIисабалда, гIадатиял гIадамазул кIудияб къадар холеб рагIула СагIудиязул ГIарабиялъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб рагъулаб коалициялъ шиитал-хуситазул позициязда авиакьабиял щвезарулел мехалда.

Эри-Риядалъ арбагI къоялда лъазабун букIана, кампания чIезабулеб букIиналъул хIакъалъулъ, амма чанго сагIтидаса авиакьабиял гьелъ халат рахъинаруна.

XS
SM
MD
LG