МагъчIваялъе рес

Эрмениялда ракIалде щвезаруна 1915 соналъул къурбанал


Цолъарал Штатазул ХъахIаб Рукъалъ «геноцид» абулеб рагIи рехсолеб гьечIо ХIХ гIасруялда ГIусманияб империялда эрменал кIудияб къадаралда чIваялъул хIужаялда бан. 24 апрелялда нусго сон тIубана доб тарихияб балагь ккаралдаса. БатIи-батIиял баяназда рекъон 1,5 миллион эрменав чIвана доб рагъда. Турказул тарихчагагIазул батIияб пикру буго.

21 апрелялда Америкалъул Цолъарал Штатазул ХъахIаб Рукъалъул администрациялъул бетIер Дэнис Макдоноу ва Миллияб ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суалазул рахъалъ президентасул гIакълучи Бен Родс данделъана Америкалда гIумру гьабулел эрменазул церехъабазулгун. КIиябго рахъалъ дандбана ХIХ гIасруялда ГIусманияб империялда букIараб вахIшияб чIвадариялъул суал ва разилъана гьелъул кIудияб кIвар бугеблъиялда. Амма гьадин бугониги, ХъахIаб Рукъалъул лъазабиялда рехсон гьечIо «геноцид» абулеб рагIи.

Эрменазул Миллияб Комитеталъул бетIер Арам Амбаряница нижер радиоялъе интервью кьолаго, абуна 24 апрелялда Цолъарал Штатазда букIине бугеб доб пашманаб тарихияб хIужаялъул къурбанал ракIалде щвезариялъул тадбиралда «геноцид» абулеб рагIи рехсезехъин гьечIин Америкалъул президент Барак Обамацаги. Гьадин жидеде лъазабунин пачалихъиял хъулухъчагIаз ва гьелдалъун жиндир ракI буссинабун бугин.

Арам Амбарян: «Эрменазул геноцид букIин къабул гьабиялда хурхараб нижер политика ахир-къад ккана Туркиялъул президент Ражап ТIагIип Эрдогьанил пикруялда бараблъун. Гьанже чияр улкаялъул цевехъанасул ихтияр буго нижее изну кьезе – щибдай бегьулеб-щиб бегьулареб абизе инсанасул ихтиярал цIуниялъул рехсараб проблемаялда бан».

Эрменазул хIаракатчагIаз ракIалде щвезабуна 2018 соналда сенаторлъун вукIараб мехалда Барак Обамаца кьураб рагIи – жив президентьлъун вахъанани, жинца эрменазул геноцид букIараблъи къабул гьабизе бугин абураб. Гьанжейин батIияб рагIулин жидеда.

ГIемерал тарихчагIаз ва цо-цо улкабазул церехъабаз абулеб буго ГIусманияб Империялда миллион бащадгун эрменав чIвай унго-унгояб геноцидлъун рикIкIине кколин. Амма гьелда разиял гьечIо Туркиялъул гIалимзаби ва тIадтарал. ЧIварал эрменазул къадар гьедегIан кIудияб букIинчIин ва хасго эрменал чIвай ГIусманияб империялъул хIукуматалъул план букIинчIин. Доб букIанин гражданияб рагъ.

Цолъарал Штатазул ХъахIаб Рукъалъ лъазабуна тIадаб бугин гIаксаб рахъалъул пикруялъухъги гIинтIамизе ва гьелъул хIурмат гьабизеин.

Калифорния штаталъул вакил Адам Шиффица абуна, жив гIажаивлъизавунин Барак Обамал хIукмуялъ. «Цолъарал Штатал кидаго рукIана инсанасул ихтиярал цIуниялъул канлъилъун, кидаго чIолаан вахIшилъиялде данде. Гьанжеги Президентасул ялъуни Конгрессалъул ихтияр гьечIин геноцидалъул хIужаби нахъ чIвалел улкабазулгун цадахъ рукIине», - ян тIаде жубана гьес.

24 апрелялда Эрмениялда букIине бугеб тадбиралда гIахьаллъана Цолъарал Штатазул финансабазул министр Джекоб Лью. Гьев тIамулаан Америкалъул президентасул къукъаялъул бетIерлъун. Гьеб къукъаялда гъорлъ вуго Эрмениялда Цолъарал Штатазул илчи Ричард Миллс ва ункъго пачалихъияв хъулухъчи.

Гьединал бахIсал рагIулеб мехалда Вашингтоналда тIобитIана Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрил, Миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суалазул рахъалъан гIакълучIужу Сьюзен Райсил ва Туркиялъул къватIисел ишазул министр Мевлют Чавушоглъул данделъи.

Прессалъ лъазабухъе я Керрица я Чавушогълуца щибниги абичIо 24 апрелялда Эрмениялда букIине бугеб тадбиралъул хIакъалъулъ. Амма Райсица Чавушогълуда ахIи бана Эрмениягун гьоркьобакI лъикIлъизабиялде кьварарал галаби тIамиялда ва 1915 соналда Туркиялда букIараб пашманаб тарихияб хужаялда хурхараб рагьараб диалог хIадурлъи бихьизабиялде.

1915 соналда ГIусманияб Империялда букIараб рагъда эрменал гIемераб къадаралда чIвай гIезегIанго гIалимзабаз ва политиказ рикIкIунеб буго ХХ гIасруялда букIараб тIоцебесеб геноцидлъун. Цогидал цIодорго чIун руго, лъабабилез нахъ чIвалеб буго гьеб рагIи.

Эрменаз ва цогидаз чIван къотIун абулеб буго Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда эрмен миллаталъул гIадамал гIемераб къадаралда чIвай унго-унгояб геноцид букIанин. Гъозул баяназда рекъон гIага-шагарго мцо миллионгун щунусазарго чи чIвана доб заманалда.

Туркиялъул тIадтаразги жиндирго рахъалъан абулеб буго гIемерал гIадамал чIван ругин доб рагъда, аслияб къагIидаялда ГIисал диналъул вакилзаби. Аммаила, дурус гьабулеб буго гьез, ГIусманияб Империялъул пачалихъалъул хиял букIинчIин насраниял рукIа, эрменал рукIа чIвазе. Доб букIанин захIматаб заман, цIакъ бидулаб рагъ, ва жалго туркалги гIемераб къадаралда чIван ругин доб рагъда. Нус-нус азарго бусурбанчи гIумруялдаса ватIалъанин доб мехалъ.

Гьединлъидал официалияб Анкараялъ геноцид абулеб политикияб термин къабул гьабулеб гьечIо. Щай, щай гурелъул пуланаб этникияб, динияб ва цогидаб миллияб къукъа тIагIинабиялъул план букIинчIин.

Гьалкъояз Рималъул Папаца абуна рехсараб хIужа ХХ гIасрудул тарихалда тIоцебесеб геноцидлъун букIанин. Гьелдаса нахъе Туркиялъул хIукуматалъул цимм бахъун, гьелъ жиндирго илчи Ватиканалдаса нахъе ахIана.

Эрменазул геноцид букIараблъи къабул гьабуна 23 улкаялъ. Гьале гьеб сияхI:

Эрмения, Австрия, Аргентина, Бельгия, Боливия, Канада, Чили, Кипр, Франция, Греция, Италия, Ливан, Литва, Нидерланды, Польша, Россия, Словакия, Швеция, Швейцария, Уругвай, Ватикан, Венесуэла. Туркиялъул кIудияб дармил партнерлъун кколеб Германиялъул хIукуматалъ дагьалъ цебе лъазабуна жиб разияб бугин парламенталъул резолюциялда. ТIоцебесеб цIалиялда Германиялъул депутатаз эрменазул геноцид букIараблъи къабул гьабуна. 1987 соналда гьадинаб резолюция къабул гьабуна Европаялъул парламенталъ.

Гьеб гуребги Швейцариялъ, Кипралъ, Словакиялъ ва Грециялъ тIадеги къабул гьабуна цойги къанун: эрменазе геноцид гьабулеб букIараблъи нахъ чIварав чиясе диван гьабизе бугин абураб. Швейцариялда цо туркас абуна эрменазул геноцид – гьеб бугин халкъаздагьоркьосеб лахI чIегIераб гьересиилан. Гьелъухъ дов туркав жавабчилъиялде цIан вукIана. Амма 2013 соналда Амма Европаялъул махIкамаялъ абуна, дов туркасе диван гьабизе кколарин, гьеб бугин рагIуе эркенлъиялъул ихтиярал хвезариялъул хIужаилан.

Гьадинабго къанун къабул гьабун букIана Франциялъул парламенталъги. Амма 2012 соналда гьеб улкаялъул Конституционияб диваналъ гьеб нахъе бахъана.

Рималъул Папаца абуна ГIусманияб империялда эрменал чIвай – Холокосталда релъараб иш бугин. Амма гIицIго турказул гурелги- гIемерал цогидал улкабазул гIалимзабазги абулеб буго Холокосталде данде ккун 1915 соналда Туркиялда букIараб пашманаб хIужа – дагIбадул суал бугин.

Америкалъул Цолъарал Штатазул тIадтаразги хIалтIизабулеб гьечIо геноцид абулеб рагIи. Гьелъул бакIалда кIудияб трагедияилан абулеб буго гьез.

Рималъул Папаца жиндир калам гьабун хадусала Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Муницаги геноцид абулеб рагIи рехсечIого гьелда «вахIшияб такъсирилан» абуна.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул низамалда рекъон гIадамал гIемераб къадаралда чIваялъул такъсиралъул лъабго тайпа буго: халкъаздагьоркьосел такъсир, геноцид ва рагъулал такъсирал.

XS
SM
MD
LG