МагъчIваялъе рес

СШАялъул президент Барака Обамал ракI хун буго кIиго гъоркьлъалие восарав хвеялда бан


2015 соналъул январалда Афгъанистангун Пакистаналъул гIорхъода антитеррористияб операция тIобитIулеб мехалда гъоркьлъалие восарав кIиго чи хвеялда хурхун жиндирго ракI хун букIин загьир гьабуна СШАялъул президент Барак Обамаца.

Гьесул рагIабазда, американияв Уоррен Вайнстайн ва италиялъулав Джованни Ло Порто Аль-Каидаялъул къокъаялъ ккун чIезавун вукIана чанго соналъ ва гьел хун руго лъачIого.

XS
SM
MD
LG