МагъчIваялъе рес

Азербайджанги Иранги росун руго бищунго хъачIаб цензура бугел улкабазул сияхIалде


Халкъаздагьоркьосеб Журналистал цIуниялъул комитеталъ Азербайджанги Иранги росун руго бищунго хъачIаб цензура бугеб анцIгогIан цIар бугеб сияхIалде. Гьез ккун буго щуабилебги анкьабилебги бакI. Комитеталъ хасаб кIвар буссинабулеб буго, гIицIго гьел улкабазда бищунго гIемер журналистал туснахъазда рукIиналде.

Гьеб сияхIалде цересел бакIазда руго Эритрея ва Шималияб Корея. СияхIалда руго гьединго СагIудиязул ГIарабия, Эфиопия, Вьетнам, Китай, Мяньма ва Куба.

Цензураялда сверун гьел улкабазда бугеб мухIканаб ахIвал-хIал бихьизабулеб доклад Журналистал цIуниялъул комитеталъ бахъизе буго 27 апрелалда.

XS
SM
MD
LG