МагъчIваялъе рес

Ракьдагьоркьосеб ралъдалъ гIадамал хвасар гьариялъул операция


Инсанасул ихтиярал цIунулез Евроцолъиялде ахIи бана Ракьдагьоркьосеб ралъдалъ гъанкъулел гIадамал хвасар гьариялде.

Ахирисеб сордо-къоялда жаниб Либиялдаса Италиялде унеб букIараб гама ралъдалъ гъанкъун, 400-гIан легалияв гурев мигрант рекIараб гIумруялдаса ватIалъана, ян лъазабулеб буго прессалъ.

Гъанкъараб гамида рукIарал чIаго хутIарал гIадамазул рагIабазда рекъон хварал ва камурал гIадамазда гъорлъ лъималги рукIун руго. Араб анкьидаса байбихьун гьанжелъагIан Италиялъул ралъдал рагIаллъиялда анцIазаргогIан легалияв гурев мигрант хвасар гьавун вугоан. БатIи-батIиял баяназда рекъон гъоркьиса гъанкъун хун вуго Европаялде вачIине къасд гьабулев вукIарав 3400 мигрант.

Гьалкъоязда Либиялъул ралъдал гIатIилъиялда унеб бугеб хвасар гьабиялъул операциялда гIахьаллъулел руго Италиялъул ва Мальтаялъул флотги, аскIоса унел юк бачунел дармил гумиги.

Балагь ккана Италиялъул Лампедуза абулеб чIинкIиллъиялда аскIоб. Шамат къоялъ хIалае бачIана Евроцолъиялъул гуми. ГIаммаб къадаралда гъоркьисала 150 000 чи хвасар гьавун вуго.

Щайха гьедегIан кIудияб къадаралда ахирисел соназда Либиялдаса Европаялде лъутизе къасд гьабулеб буго гIадамаз? Щай гурелъул, абулеб буго политологаз ва журналистаз, Либиялда халат бахъунеб буго радикалиял бусурбабазда данде бачунеб рагъ.

ТIокIаб чара гьечIого, гIадамаз гIаммал гьабулеб буго Европаялда паракъалъи батизе. РачIунел руго Европаялде Африкаялъул цогидал улкабаздаса гIадамалги. Аслияб къагIидаялда репрессиялги ракъиги ругел улкабаздаса.

Гьаб ахирисеб балагь ккана бищун кIудияблъун. Гьеб хIужа хIисабалде босун, Евроцолъиялъул улкабазул къватIисел ва жанисел ишазул министрабазул план буго хехаб данделъи тIобитIизе.

Цебе легалиял гурел мигрантазул масъала тIубазабулеб букIана Италиялъул тIадтараз. Исана финансабазул проблемаби рукIиндал, Официалияб Рималъ Евроцолъиялдехун буссун, кумек гьарана.

Амма Евроцолъи хIалае бачIун бугониги, инсанасул ихтиярал цIунулезул рагIабазда рекъон «Тритон» абулеб байбихьараб хвасар гьабиялъул операциялъул бюджет дагьаб бугин жибго Италиялъ гьабулеб букIараб операциялъул бюджеталдаса.

Миграциялъул суалазул рахъалъан Халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ «Mare Nostrum» ай - «Нилъер ралъад» абулеб цIех-рех гьабулеб Италиялъул гIуцIиялдехун буссун, тIалаб гьабуна байбихьараб хвасаргьабиялъул операция халат бахъинаби.

Ахирисеб лъазабиялда рекъон, шамат къоялъул сардилъ Либиялдасу Европаялде лъедолеб букIараб гамида гIаммаб къадаралда анкьнусго чи рекIун рукIун руго. Гьездаса 28 чи гурони, тIокIав щивниги чIаго хутIичIо.

ТIадехун рехсараб Халкъаздагьоркьосеб ГIуцIиялъул бетIер Уильям Лейси Свингица лъазабуна хвасар гьабулеб Италиялъул хъулухъалъ 20I3 соналъул октябрь моцIалдаса байбихьун 2014 соналъул декабрь моцIалде щвезегIан 200 000-гIан мигрант хвасар гьавунин.

Италиялъул премьер-министр Маттео Ренцица халкъаздагьоркьосеб жамагIаталде ахIи бана цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялде гIадамазул гIумру цIуни мурадалда. Итни къоялъ Рималда тIобитIараб пресс-конференциялда

Маттео Ренцица гьединго абуна, чIагоял гIадамал юк хIисабалда гIарцухъ рачунел гумил бетIергьаби гIайибияллъун кколин тIоцебесеб иргаялдаилан.

Маттео Ренци: «Нижеца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъулеб буго гьал базарганал тратизе ва жанире тIамизе. Гьаб балагьалъул гIайиб хасго гьезда тIад буго. Узухъда, гъозие гьабизе бугеб диваналдалъун чIварал гIумруялде тIад руссинаризе рес гьечIо, амма цIех-рехги диванги гьабизе ккола тIоцебесеб иргаялда».

Жиндир иргаялда Австралиялъул премьер-министр Тони Эбботица Европаялъул церехъабазде гIакълу кьуна жиндир улкаялъул миграционияб политика гIадахъ босун, хIалтизабизе. Австралиялъ жиндирго рагIаллъиялде гIагарлъулел гуми къабул гьабулел гьечIо.

Гьел хIалица тIад руссинарулел ругин, абуна Тони Эбботица. Гьелдалъун миграциялъул чвахи чIезабизе рес щвана. Амма Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьадинаб позиция какулеб буго кьварараб къагIидаялъ.

XS
SM
MD
LG