МагъчIваялъе рес

Инсанасул ихтиярал цIунулей Наталья Пелевиналъул цIидаса гьикъа-бакъи гьабун буго СКРалъ


РПР-Парнас партиялъул хIаракатчIужу, инсанасул ихтиярал цIунулей Наталья Пелевиналъул цIидаса гьикъа-бакъи гьабун буго итни къоялда цIех-реххчагIаз.

ЦIех-реххалъул комитеталъ абулеб буго, гьелда щаклъи бугин 2012 соналда Москваялъул Болотная майданалда низам хвезабиялъул акталъул финансазул квербакъи гьабиялъул.

Пелевиналде гьанжеги гIайиб гIунтIизабун гьечIо. Гьей хутIулей йиго щаклъи бугей хIисабалда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьелъул адвокат Сергей Бадамшиница.

«Русь сидящая» абураб интернет-сурсаталъе интервью кьолаго, Пелевиналъ лъазабуна, жиндир кинабгIаги хурхен гьечIин 2012 соналда тIобитIараб оппозициялъул акциялдейин.

ЦIех-рехалъул идараялъ жиндиего кьолеб кIвар гьелъ хурхинабулеб буго, «Магнитскиясул сияхI» гIуцIиялде гьелъул бугеб хурхеналда.

XS
SM
MD
LG