МагъчIваялъе рес

Ленинил иргадулаб памятник хвезабуна Украиналда


Лениние лъураб иргадулаб памятник хвезабуна Украиналда. Лъугьа-бахъин ккана Донецк мухъалъул Краматорск шагьаралда. Гьеб шагьар Украиналъул нухмалъиялда гъорлъ буго.

«Интерфакс-Украиналъ» лъазабухъе, Краматорскалда 17-леб апрелалда митинг тIобитIана ва Ленинил памятникалда аскIосан митингалда гIахьаллъулел унеб мехалда, гьенибе хъамун бачIана хасаб техника.

Тросалгун квараз Ленинил памятник бухьана гьез ва гIодобе бортизабуна. Памятник букIараб бакIалда Украиналъул байрахъ лъун рагIула.

XS
SM
MD
LG