МагъчIваялъе рес

«Пенсия щвараб къоялъ, къварилъана чанги ракI»


Кризисалъул заманалда гъурщил къимат гIодобе ккеялда бан чанги чиясе захIмат буго жакъа Россиялда рукIа-рахъиналъул суалазда жаниб. Гьезда гьоркьоб хас гьабун рехсезе бегьула пенсионералги. Кинаб куцалда гьез харж гьабулеб бугеб хIукуматалъ гьезие кьолеб гIарац ва гIолеб бугищ гьезие гьеб?

Россиялда пенсия бикьула кIиго батIияб бутIаялде. Гьеб ккола хIукуматалъул хъулухъалда хIалтIулел рукIарал гIадамазе кьолеб пенсияги ва социалияб пенсия. ТIоцебеселъул гьоркьохъеб хъадар буго 11 азараго гIанасеб гъуруш, социалияб пенсиялъул гьоркьохъеб къадар буго 7500 гъурущ. Исана февралалда биччан букIана хабар гьеб дагь гьабизе рагIулилан. Финансазул министерлъиялъ гьеб хабар кьучI гьечIеб баян бугилан чIезабуна хадуб. ЦIияб соналдаса байбихьун гъурщил къимат гIодобе ккаралдаса гIемераб жоялъул багьа хиралъана Россиялда. Кинал захIмалъабигун дандчIвалел ругел жакъа цохIо хIукуматалъул пенсиялда бадире ралагьарал гIадамал, сундуе гьез гьеб гIарац аслияб куцалда харж гьабулеб бугеб ва гIолеб бугиш гьезие гьеб? Гьединаб суал кьуна нижеца Каспийскалда гIумру гьабун йигей пенсионер Кошманова Екатеринаялъе.

Гьей ккола тIоцебесеб группаялъул инвалидги. ГIаммаб куцалда гьелъие щолеб буго 14 азаралда хадуб гъурущ пенсиялъул. Гьелъул цIикIкIарасеб бутIа, 13 азарго гъурущ гьелъ кьолеб буго рукъалъухъ. Жийго бетIергьанаб рукъ бичизе ккун буго гьелъ мугъзал гьодалъе операция гьабизе гIарац хIажалъарабго. ХутIараб гIарац аслияб куцалъ дарабазухъ унилан бицана гьелъ нижер программаялъе.

Кошманова Екатерина: «Дарабазухъ уна дир бугебщинаб гIарац. Астмаялъ унтарай гIадан йиго дун, гьединал чагIазе къваригIунеб хасаб алаталде хIажалъи букIана дир. Гьебги лъан рахIму бугел гIадамаз данде гIарацги рехун босун бачIана дие гьеб. Гьедин гIемерисеб гIарац дарабазухъ унеб букIиналъ квен-тIехалъул рахъалъги гIурхъи чIезабуна дица диего. Амма дир буго квералъ гьарулел батI-батIиял тIугьдул, суратал гьаризе махщел, гьелги ричун гьабула бетIербахъи. Лъималазул дие кумек гьабизе санагIалъи гьечIо, васасул жиндирго руго гьес хьихьизе кколел ункъо лъимал. Рукъалъул суал тIубазе кумек хIисабалда 450 азарго гъурщил сертификат кьун букIана дие хIукуматалъ, амма гьебги общежитиеялда рукъ босизецин гIечIо. Гьедин дунго дицаго тIуя-гъуян йикIунаха».

«Надежда» абураб рахIму-цIобалъул фондалъги гьабулин жинде кумек квен-тIехьалдалъунилан тIадежубана гьелъ хадуб.

Кризисалъул заманалда цебеги, гьабсагIатги бугеб ахIвал-хIалалде дандеккун кинал хиса-басиял гIумруялда ккарабилан гьикъидал гьадинаб жаваб кьуна гьелъ.

Кошманова Екатерина: «Сакъатал пенсионеразе кидаго букIана захIмат. Гьале рукъалъухъ кьун хутIараб гIарцул 1300 гъурущ тIокIлъула дие. Гьелда гьоркьоса лъабнусго гъурущ уна токалъухъ. Цо-цо гьоболлъухъ рачIарал гIадамаз бачIуна босун макарон, пиринчI ва гьелда релълъараб квен-тIехалъе жо. ЛъикIаб рахъалдехун щибниги хисичIоха. Пенсия цIикIкIинабулилан абула нижеда, амма гьеб цIикIкIинабураблъицин лъаларо цо дагьал макъал гъурщал рачIуна тIаде.

Дандекквеялъе босани магIарухъ ругел пенсионеразул гIумру-яшав гIемерго лъикIаб бугин абула гьенир ругел гIадамаз. Квен-тIехалъе жо гьез жидецаго гIезабула, гIицIго ролъол хъапалъухъ ва моцIалъе бухIараб токалъухъ кьолеб буго гьез гIарац. Аслияб куцалда жалго хун хадуб садакъаде ва къваригIараб таралъе харж гьабизе нахъе цIунун букIуна гьез щибаб моцIалъе бачIараб пенсиядул гIарац.

XS
SM
MD
LG