МагъчIваялъе рес

Америкаялдаса солдатаз ругьун гьарила Украиналъул десантникал


Украиналъул миллияб гвардия ругьун гьабизеян Киевалде рачIана СШАялдаса рагъул инструкторал. Америкаялдаса майор Хосе Медесица бицухъе, тунка-гIусиязда кин гIахьаллъизе кколебалии малъизе буго Украиналъул солдатазда.

Россиялъул президентасул администрациялъе гьеб хабар рекIее гIечIо. Владимир Путинил секретарь Дмитрий Песковас абуна СШАялдаса рагъулал Украиналде рачIиналъ Донбасалда бугеб хIал хIалуцинабизе бегьулин.

Украиналда цодагьалъ цере щвана Великобританиялдаса рагъулал инструкторал. Гьединго гьенир рагъулал специалистал ритIине ругин лъазабуна Канадагун Польшаялъги.

XS
SM
MD
LG