МагъчIваялъе рес

Машрикъалъулаб Украиналда журналист лъукъана


Россиялъул «Звезда» телеканалалъул журналист квешго лъукъана машрикъалъулаб Украиналда. Широкино росда гIагарда гьев минаялде тIад ккун вуго.

«Интерфакс» агентствоялъул лъазабиялда рекъон, ОБСЕялъул комиссиягун цадахъ вукIан репортер Андрей Лунев. Комиссиялъ Донбасалда халгьабулеб букIана рагъулал дандечIеял лъугIун ругищали. Лъукъарав журналист Новоазовск шагьаралъул азарханаялда вуго, гьесул ахIвал-хIал батIаго лъикIаб гьечIин лъазабуна «Звезда» каналалъ.

XS
SM
MD
LG