МагъчIваялъе рес

Рималъул Папаца эрменазул геноцидалъул бицана


Рималъул папа Францискица абуна ГIусманияб империялда эрменал гIемераб къадаралда чIвай кколин ХХ гIасруялда гьабураб тIоцебесеб геноцидилан. Гьелдаса нахъе букIана Холокостги Сталинил репрессиялги.

Гьадин жиндирго пикру Папаца лъазабуна Рималда бугебмунагьал гьечIев Петрил Килисаялда тIобитIараб эрменазул динияб тадбиралда. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Эрмениялъул президент Серж Сарксян.

Гьеб тадбир хурхараб букIана ГIусманияб империялда эрменал гIемер къадаралда чIваралдаса нусго сон тIубаялда.

Туркиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ Рималъул Папаца гьабураб лъазабиялда бан жиндирго протест загьирабуна.

XS
SM
MD
LG