МагъчIваялъе рес

«Вацал-бусурбабазул» цевехъан чIвазе хIукму гьабуна диваналъ


Мисиралъул диваналъ хIукму гьабуна гьениб гьукъараб «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан МухIамад Бади чIвазе.

Гьесде гIунтIизабураб гIайиб – зулмуялде ахIи бай. Гьединго хIукму гьабун буго рехсараб багъа-бачариялъул жеги 13 хIаракатчи чIвазе. 37-гояв гIумруялъго жаниве тIамизе вуго.

Гьеб диваналъул къотIиялда гIарз гьебизе ихтияр буго рехсарал гIадамазул Мисиралъул тIадегIанаб махIкамаялда. Абулеб буго гьеб процесс чанго соналда жаниб халат бахъине бегьулин.

Мисиралъул президент МухIамад Мурси 2013 соналда жиндирго ихтияралдаса махIрум гьавун хадусала гьесул рахъ ккурав аза-азар чи ккун вукIана.

МухIамад-Мурсие квербакъи гьабулаан «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъ. Гьелъул вакилзабаз абулеб буго жал ракълилаб хIаракатчилъи гьабулеб бугин ва зулмуялде гIадамал ахIулел рукIинчIин киданиги.

XS
SM
MD
LG