МагъчIваялъе рес

"Дагъистаналъул нухмалъиялде щай гIайибал рехизе кколел?"


Шималияб Кавказалда Россиялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовасул лъабабилеб къо буго Дагъистаналда.

КватIичIого некIсияб шагьар хIисабалда Дербенталде рачIунел гьалбадерида бихьизабизе хIинкъараб хIалалда бугин шагьарилан, гьес гьужумал гьарун руго Дербенталъул нухмалъулезде, гьединго бадирчIваял гьаруна сахлъи цIуниялъул министрасдеги.

Меликов Дагъистаналде вачIунеб 8 апрелалъул цудунго байбихьун букIана МахIачхъалаялда хIаду-гъадурлъи гьабизе. Масала, МахIачхъалаялъул аслиял къватIал ккун чанго галул манзилги гьоркьоб тун чIун руго яргъид рорчарал полициялъулал. Гьединго чалуги ккун, батIа тIезарун руго шагьаралда аслияб транспорт чIезабулел бакIал. Гьедин хасго гьитIинал машинабазе рес букIинчIо дагьаб заманаялъ гьел пуланаб бакIалда лъалхъизарун чIезе.

Меликовас аслияб гьужум Дербенталде гьабуна. Дербенталъул юбилей кIодо гьабизе бащдаб лъагIел гурони хутIун гьечIин, амма жагъаллъухъего, тIу-тIу-хъу-хъун нухалги ругин, риххизе къачIан минабиги ругин абуна гьес. Масала, жинде гIарза бахъанила цо херай гIаданалъ, жинца моцIрое кIиазарго гъурущ кьолин рукIа-рахъиналъул магIишаталъул идарабазе. Амма гьедин гIадамазухъа бакIарараб гIарац сундуейин хIакимзабаз харж гьабулеб бугеб, гьелъул цIех-рех гьабейин дуцаян жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасда тIадкъана Меликовас.

Гьединго гьаб жакъа къоялда сундулъго цебетIей бугеб заманалда нужер поликлиника бугеб талихI къосараб ахIвал-хIал щибин гьикъана гьес Дербенталъул нухмалъулезда. Гьедин цо бадибчIвай сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовасеги. Нужехъе Россиялдаса сахлъи цIуниялъул министр ячIараб мехалда нужеца гьей ячунила бищун лъикIаб бакI бихьизе, масала, ФСБялъул госпиталь бихьизе.

Сергей Меликов: «Нужеца гьей гьание яче, нужерго хIалтIи бихьун букIине. Буржуйка печалда тIад квералги хинлъизаре гьелъул. Гьелдасан кьезе букIине гьелъ нужеего къимат».

Дербент шагьаралда юбилей гьабун бажариялда щаклъи загьир гьабуна Меликовас, щайин абуни гьеб гьабун бажарулеб администрация букIине кколила.

Сергей Меликов: «Дагъистаналъул нухмалъиялде щай гIайибал рехизе кколел? Гьаниб Дербенталда гьеб суал тIаде кколев чиги вукIаго, жавабчилъи щай гьесдаса тIалаб гьабизе кколареб? Щай гьелъул бакIалда щибаб нухалда цохIого цо декларациял рагIизе кколел?»

Жибго шагьаралда унго-унгояв нухмалъулев вихьулев гьечIин абуна Меликовас, щайгурелъул Дербенталъул гIадамаз хъвалел кагътал хъвалел ругила шагьаралъул кIудиясухъе гурел, Дагъистаналъул нухмалъулесухъе, хIукуматалъул бетIерасухъе, Шималияб Кавказалъул Россиялъул президентас тарав вакиласухъе, улкаялъул президентасухъе.

Меликовас Дербенталъул шагьаралъул нухмалъиялъе бадирчIваял гьарулеб чанго нух буго. Щибаб нухалда гьес рукIуна экс-мэр Имам Яралиевасда хурхарал. Чанго моцI буго гьев заманаялъ шагьаралъул депутатасул цолъиялъул нухмалъулевлъун лъугьаралдаса. Иргадулаб нухалда Дербенталъул мэрлъун вачIине къачIалев вугин гьевилан абула.

ПалхIасил, Сергей Меликовас цохIо Яралиев какун жо кколарин рикIкIунеб буго журналист Муса Мусаевас. Кинабго гурила гьесда барабги бугеб. Масала, Дербенталъул юбилей кIодо гьабилалде гIуцIараб идара бугила «Дербент-2000» абун. Гьелъ гьабулила юбилеялде шагьар къачIазелъун батIи-батIиял гIуцIабаза гьоркьор тендерал рикьиялъул иш.

Муса Мусаев: «Гьединго юбилеялде Дербент къачIаялъул иш тIаде босун буго республикаялъулги Россиялъулги культураялъул министерлъабаз. Узухъда, Яралиевасулги букIинарищха гIайиб. Амма кинабго гъегъ гьесде бан битIун гьечIо. Хъулухъазда ругел чагIазул гIадлу гьабизе ккола гьениб. Амма кин батаниги, гьабсагIаталда рахъун гьел хиса-басиял гьабизеги лъугьинаро гьел. Гьелъие заман гьечIо. Гьединлъидал гьелдаса пайдаги босун, кигIан нилъее бокьичIониги, батIи-батIиял тухум-кьибилал руго цоцалъ рагъулел, щвараб жо тIезабулел».

Дербенталъул шагьар гIуцIаралдаса 2000 сон банилан чIезабулеб буго тарихчагIаз. Амма гьелда дагIба балелги руго. Цогидаз абулеб буго гьеб шагьаралъ 5000 сон банилан. Кин батаниги, гьеб тарих кIодо гьабизе буго бащдаб лъагIалидасан. Гьелъие гIемераб гIарацги биччан буго Россиялъ. Абулеб буго гьеб тадбиралде Россиялъул президент Путинги вачIине бегьулилан. Амма лъиданиги бихьизабизе нечараб хIалалда бугин гьабсагIаталда Дербентилан абуна Сергей Меликовас. ПалхIасил, гьеб юбилеялде къачIан лъугIизабизе кколеб некIсияб 17 объект бугин абуна гьеб данделъиялда гIахьаллъарай Россиялъул культураялъул министерлъиялдаса вакил Татьяна Селедцовалъ.

XS
SM
MD
LG