МагъчIваялъе рес

Жовгьар Царнаев ва гьесул хъизам-кулпат

Жовгьар Царнаевасда чIван буго 2013 соналда Бостоналда кьвагьдари хIадурабиялъул гIайиб. Гьелдалъун гьа баразул диваналъ гIолохъанав чачанасул букIинесеб ахиралде щвезабуна. Гьесул хъизам-кулпат Америкалъул Цолъарал Штатазде. Гьанже махIкамаялъ гьев хIатта чIвазе хIукмуцин гьабизе бегьула ялъуни гIумруялъго жаниве тIамизе.

21 сон барав Жовгьар Царнаев гIайибиявлъун рикIкIана Бостоналъул диваналъ 2013 соналъул апрель моцIалда гьениб марафон унеб мехалда гьабураб теракталда хурхен букIиналда бан.

Гьасго гьесда чIван вуго пасалъи гьабулеб ярагъ хIалтIизаби мурадалда гъоркьан къотIи гьабиялъул гIайиб. Гьеб теракталъул хIасилалда лъабго чи чIван вуго ва 260-гояв лъукъана.

Царнаевазул хъизм-кулпаталъ рукIа-рахъин байбихьуда гьабулаан Хъыргъызстаналда, хадуб гьел гочана Дагъистаналде.Америкалде хочун, Жовгьарие 2012 соналда Цолъарал Штатазул гражданлъи щвана.

Цойги

XS
SM
MD
LG