МагъчIваялъе рес

Миланалда кьвагьдей


Миланалда бугеб Юстициялъул кIалгIаялда бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда лъабго чи чIван вуго. Reuters агентлъиялъул баяналда рекъон чIваразул цояв кколаан диванчи.

Цогидав Диваналъул вакил Джованни Канциоца абулеб буго кьвагьдей гьабунин банкротлъияллда сверухъ жавабчилъиялде цIарав чияс.

БакIалъулаб прессалъ загьирабуна гьесул цIар - Клаудио Джардиелло.

Гьесда кIвана хIужа ккараб бакIалдаса лъутизе, амма хадуб полициялъ гьев ватун ккуна.

XS
SM
MD
LG