МагъчIваялъе рес

В.Путин Москваялда данделъана Грециялъул премьер-министргун


Россиялъул президент Владимир Путин Москваялда данделъана Юнанистаналъул, ай Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрасгун.

ТIоритIарал кIалъа-басаязда гьоркьор лъун рукIана экономикиял ва дармил бухьеназул суалал.

Гьединго дандбан букIана цо чанго политикияб суал – хасго Балканабазда бугеб ахIвал-хIалалъул.

Владимир Путинил рагIабазда рекъон гьеб данделъиялъул аслияб хIасиллъун рикIкIине ккола «Южный поток» ай «Жанубияб чвахи» абулеб газ бачунеб рогIороялъул Грециялда бугеб манзил баялда хурхъараб къотIи-къай.

XS
SM
MD
LG