МагъчIваялъе рес

Сириялда 300 курдав викъун вугин абураб хабар мухIкан гьабун гьечIо


Сириялда ругел Аль-Къагидаялъул гIахьалчагIаз гьатIан къоялъ лъабнусго курдав викъун вуго. Гьадин лъазабуна курдазул вакилас Кобани шагьаралда.

Гьесул рагIабазда рекъон хIужа ккана Африн щагьаралда. Кьовид гьаруразда гъорлъ рукIарал руччаби ва лъимал Аль-КъагIидаялъул къеркьохъаназ хадуб эркенлъуде риччана.

Амма Сириялда бугеб Алъ КъагIидаялъул гIаркьеллъун рикIкIунеб Фронт Нусра абулеб гIуцIиялъ гьеб хIужа нахъ чIвана. Гьеб хIужа дурус гьабичIо Сириялъул официалияб прессаялъги.

XS
SM
MD
LG