МагъчIваялъе рес

Украиналда цо чанго аскарияв чIван вуго


Украиналъул Донецк икълималда бугеб Широкино абулеб росдал сверухълъиялда автомобиль кьвагьун, Украиналъул кIиго аскарияв чIван вуго. Цоявги лъукъана.

Луганск икълималъул Счастье абулеб шагьаралда аскIоб аскариял рекIараб автомобилалде гумпарадул гуллаялъ кьвагьун, ункъго рагъулав хъулухъчи чIвана.

Гьеб улкаялъул официалиял баяназда рекъон сепаратистаз гьавадул цIех-рех халат бахъунеб буго, хасго воржарухъан гьечIеб боржаро билълъанхъизабулаго.

Гьадинаб анкьго дрон тIатинабун бугин Мариуполь шагьаралда аскIоб.

Донбассалда Россиялъул рахъ ккурал сепаратистаз 14 нухалъ хвезабуна ракълилаб къотIи, ян лъазабулеб буго Украиналъул пресс-централъ.

XS
SM
MD
LG