МагъчIваялъе рес

Украиналъул 6 рагъулав хун вуго улкаялъул машрикъалъул рахъалда ккарал кьвагьиязул хIасилалда


Украиналда рагъулаб конфликталъул зонаялда гьатIан къоялда хвана анлъго чи.

КIиго чи хвана Донецк областалъул Широкино шагьаралда аскIоб автомобиль минаялде тIаде ккун кьвагьиялъул хIасилалда.

Луганск областалъул Счастье шагьаралда аскIоб фугасалда рагъулазул автомобиль кьвагьизабиялъул хIасилалдаги хун вуго Украиналъул ункъго рагъулав. Лъукъаразул къадаралъул хIакъалъулъ лъазабулеб гьечIо.

Луганск областалъул адмиинистрациялъул вакил Ярослав Галасица лъазабухъе, кьвагьи ккун буго рагъулазул автомобил Северный Донец гIоралда бугеб кьодаса унеб мехалда.

XS
SM
MD
LG