МагъчIваялъе рес

Москваялда ракIалда щвезаруна 2010 соналда метроялда гьарурал кьвагьиязул къурбанал


ГьатIан къоялда Москваялда ракIалда щвезарулел рукIана 20I0 соналъул 29 декабарлда «Лубянка» ва «Парк Культуры» абурал метроялъул станциязда гьарурал терактазул къурбанал. Доб къоялда хвана 40 чи, I60 лъукъана. Кьвагьиял гьарурал бакIазде гIадамаз лъолел рукIана тIугьдул.

Низам цIунулел идарабазул хIисабалда, кьвагьбиял гьарун руго хвалде унел руччабаз. Терактал хIадур гьаруравлъун рикIкIуна Вагьабов МахIамад. Гьев чIван вуго Дагъситаналда 20I0 соналъул августалда хасаб операция тIобитIулеб мехалда.

XS
SM
MD
LG