МагъчIваялъе рес

Ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял халат рахъунел руго


28 марталда Лозанна шагьаралде Тегераналъул ядерияб программаялда сверун халкъазда гьоркьосеб «анлъилабулъулги» Ираналъулги вакильзабазда гьоркьоб тIоритIулел кIалъа-басаязда гIахьаллъизелъун рачIана Франциялъулги Германиялъулги къватIисел ишазул министрал Лоран Фабиус ва Франк Вальтер Штайнмайер.

«Анлъилабулъул» цогидал министрал рачIинелде цебе Лораница лъазабуна, Ираналъул ихтияр бугин ракълилаб ядерияб программа гIумруялде бахъинабизе, амма гьеб программа букIине кколин баянаб, жиндир контроль гьабизе бегьулибин.

Ираналъул КъватIисел ишазул министр МохIамад Джавад Зирифица лъазабуна, Ираналъги «анлъилабалъги» хIаракат бахъизе бугин ядерияб программаялда хурхун ругел рагIирекъонгутIиял лъугIинаризеян.

XS
SM
MD
LG