МагъчIваялъе рес

Нигериялъул армиялъ «Боко ХIарамалъухъа» бахъун буго Гуоза шагьар


Нигериялъул хIукуматалъул къуватаз лъазабулеб буго «Боко хIарам» абураб радикалиял исламистазул база хIисабалда рикIкIунеб букIараб Гуоза шагьар бахъиялъул хIакъалъулъ. Рагъулазул хIисабалда, тунка-гIусиял унеб мехалда хун руго гIемер исламистал.

Марталъул байбихьуда рагъулаз лъазабулеб букIана Нигериялда «Боко ХIарамалъул» контролалда гъоркь лъабго шагьар хутIул букIиналъул хIакъалъулъ. Гьездаго гъорлъ рехсолеб букIана Гуозаги.

Нигериялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда унеб конфликталъул хIасилалда 20I2 соналдаса хун вуго I5 азаргоялдасаги цIикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG