МагъчIваялъе рес

«Борис Немцовасул» кьоялда хвезарун руго чIварав оппозицияв ракIалде щвезавиялъул ишараби


Москваялъул централда Борис Немцов чIвараб бакIалда гьев ракIалде щвеялъе лъурал ишарабиги алаталги хвезарун жал щалали лъаларезин, хъвалеб буго чIварасул пиша цояв оппозициялъулав Илья Яшиница.

Немцовасул сураталда гьарун руго хIакъир гьариялъул хъвай-хъвагIаял. Бекизабун буго, «Гьаб ккола Борис Немцовасул царалда кьо» абун хъвараб хъарщиги. Гьеб акталъул жавабчилъи жиндего тIаде босулеб рагIула «Эркенлъизариялъул багъа-башари SERB» абураб лъиданиги цебе рагIун букIинчIеб гIуцIиялъ.

XS
SM
MD
LG