МагъчIваялъе рес

"Робин Гудазул" такъсирияб иш диваналъ нахъ чIвана цIидаса


Гъизилюрталъул полициялъул нухмалълевлъун вукIарав Заирбегов АсхIабалил букIана Робин Гуд абураб токIцIар.
Гъизилюрталъул полициялъул нухмалълевлъун вукIарав Заирбегов АсхIабалил букIана Робин Гуд абураб токIцIар.

ЦIех-рех букIине кколеб къагIидаялда, щвалде щун гьабун гьечIин абун, Дагъистаналъул диваналъ нахъе тIамун буго Гъизильюрталъул полициялъулазул такъисрияб къокъаялда хурхараб иш. РукIарал полициялъулазде гIунтIизарулел гIайибазул, цIех-рехалъул ва диваналъул хIукмуялъул хIакъалъулъ бицунеб буго нижер мухбир МахIамадов Закирица.

Араб соналъул сентябралдаги диванчияс нахъчIван букIана такъсир гьабиялъул гьеб иш. ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, уголовияб цIех-рехалъул ай угрозыскалъул хIалтIухъабаз федералияб нухда тукенал ва кафеял ругел бизнесменазухъа гIарац бахъулеб букIун буго. Полициялъулаз гIуцIана такъсирияб къукъа ва гьелда гъорлъ унеллъун рукIана Гъизилюрт ОВДялъул хIалтIухъаби Гъазияв Жамалудинов, МахIмуд ХIайбуллаев, ГIабдулмуслим МухIамадов, МухIамад Пираев, ХIасан МусахIажиев ва ОВДялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбеговилан хъван буго материалазда.

2012-леб соналъул маялдаса байбихьун чанги такъсир гьабунин гьеб къукъаялъилан рикIкIунеб буго низам цIунулез. Мисалалъе, Гъарабудахкент мухъалда «Кавказ» автотрассаялда гьез чIезабун буго жанив лъабго бизнесмен вукIарав автомобиль. Гьел лъабалго ккун руго полициялъулаз ва Буйнакск мухъалъул ЦIияб Кумух росдал цояб авалалдеги рачун гьезухъа 43 млн гъурущ бахъун буго.

Цогидаб кIудияб такъсирлъун низам цIунулез рикIкIунеб буго Дербент мухъалда бизнесменазухъа гIарац бахъи. Полициялъулаз хасаб пост гIуцIун буго федералияб автотрассаялда ва чIезабун буго бизнесменазул автомобилал. Рухун-кьабун, хIинкъаби кьун гьел полициялъулаз бизнесменазухъа 35 млн гъурущ бахъанин, хъван буго цIех-рехалъул материалазда.

Полициялъул бандаялде гъорлъ уневлъун рикIкIунев ХIасан МусахIажиев туснахъалда вуго. Цогидал такъсирал сабаблъун ккана гьев гьенив. Такъсирал гьарураллъун рикIкIунел цо-цо полициялъулал федералияб цIех-рехалда руго. ЦIех-рехалъулаб туснахъалда ай ИВСалда лъабго чи вуго. Гьезда гъорлъ вугев МухIамад Пираевасул гIагарлъиялдаса чагIаз чанги митингал гьарун рукIана МахIачхъалаялда.

Гьез абухъе, Пираев Дагъистаналдаса Карачаево-Черкесиялде вачун вукIана низам цIунулез ва адвокаталги ричалел рукIинчIо гьесухъе. Гъизилюрталъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулев Заирбеговасда тIаса гIарза хъвазе тIамун вугин Пираевилан, абулеб букIана митингазда. Пираевасул адвокат Салимат Къадыровалъ бицун букIана «Эркенлъиялъе», Гъарабудахкент мухъалъул цIех-рехалъулаб туснахъалдеги вачун Пираевасе гIакъуба кьунин. «Гьениве гьесухъе вачIун вукIана Дагъистаналъул жанисел ишазул нухмалъулев хисулев Алексей Салютин ва гьес Пираевасда абуна нахъе вичазе вугин Заирбеговасда тIаса гIарза хъвани», - илан бицана адвокаталъ.

Живго АсхIабгIали Заирбегов Дагъистаналда лъалаан Робин Гуд тIокIцIаралдалъун. Зама-заманалдасан интернеталдасан «рохьилаздехун» хитIабал гьарулел рукIана гьес. Республикаялда гIезегIан ахIи-хIур бахъинабун букIана Гъизилюрт мухъалъул амирлъун жив вугин абурав Темирбекиде гьабун букIараб хитIабалъ. БукIана Заирбеговасул хитIаб флешкаби ритIулел чагIазде, хас гьабун Гъизилюрт мухъалъул иргадулав амир вукIарав Абу-МугIазиде гьабурабги.

Амма «рохьилазде» данде къеркьолевлъун рикIкIунев вукIарав Заирбегов ккуна араб соналда Москваялда. Турциялде тIуризе хIадурулев вукIанин гьевилан, лъазабуна низам цIунулез.

Заирбеговасул адвокатазул гIарзаби ругоан, гьевгун дандчIвазе жал риччалел гьечIин. МахIачхъалаялъул СИЗОялъул хасаб «Г»-блокалда вуго Заирбегов. Инсанасул ихтиярал цIунулезул рагIабазда рекъон, гьеб блокалъул камерабазда руго батIи-батIиял такъсирал гьарураллъун рикIкIунел республикаялъул хIакимал, низам цIунулел, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел.

Пираевасул адвокат Салимат Къадировалъ рикIкIунеб буго гьеб иш ургъунго байбихьараблъун кколин.

Салимат Къадирова: «Гьеб кинабго байбихьана хасаб буюрухъалдалъун. Заирбегов хIалтIудаса рехизеян байбихьана кинабго. Гьесда тIаса соравал кьезе тIамулел руго полициялъул хIалтIухъаби. Жибго цIех-рех бачиналъулъ чанги гIунгутIаби руго. ГIайиб чIезарулел хIужжаби ракIарун гьечIо цIех-рех чагIаз. Фальсификациябазул цIун буго цIех-рех».

Диванчи Закир Исрафиловас данделъиялда абуна цIех-рехалъул материалазе букIине кколеб къимат кьун гьечIин прокуратураялъ ва гьелдалъун процесс байбихьизе рес гьечIин. Заирбеговасул адвокат Рафик Маматовас абухъе, гIайиб чIезабиялъул хIасилал рехсарал документазда дандеккунгутIиял ратана ва гьезие къимат кьезе ва ритIизаризе диваналда бегьуларо.

Прокуратураялдаса оперативияб баян «Эркенлъиялъе» щвечIо. Амма гьеб идараялъул ихтияр буго анцIго къоялда жаниб диванчиясул хIукмуялда тIаса апелляция кьезе.

XS
SM
MD
LG