МагъчIваялъе рес

Сахаровасул централда гIакIа лъун буго


«КъватIисел улкабазул агент» хIисабалда жинцаго регистрация гьабизе инкар гьабиялъе гIоло Андрей Сахаровасул цIаралда жамгIияб централда лъун буго 300 азарго гъурщил гIакIа. Гьединаб хIукму къотIун буго Москваялъул Таганск мухъалъул диваналъ.

Цебесеб соналъул декабралда хал-шал гьабун хадуб Сахаровасул центр Минюсталъ босун букIун буго «къватIисел улкабазул агент» хIисабалда хасаб сияхIалде.

XS
SM
MD
LG