МагъчIваялъе рес

ГIагарлъи хIинкъизаби тIадецуялъул къагIида хIисабалда


"Яблоко" партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул лидер Артур Бабаевас гIарз гьабулеб буго, жинде тIадецуй гьабиялъул мурадалда гьанже низам цIунулез жиндир гIагарлъи хIинкъизабулеб бугин.
"Яблоко" партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул лидер Артур Бабаевас гIарз гьабулеб буго, жинде тIадецуй гьабиялъул мурадалда гьанже низам цIунулез жиндир гIагарлъи хIинкъизабулеб бугин.

«Яблоко» партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъулев Артур Бабаевас лъазабулеб буго, низам цIунулел идарабаз жинде гьабулеб тIадецуй халат бахъинабулеб бугин. Гьеб мурадалда гьел гьанже руссун ругин жиндир гIагарлъидегиян, гIарз гьабулеб буго политикас. ГьатIан къоялда низам цIунулез гьесул вацасул вас щвезавун вукIана полициялде.

«Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул бетIер Бабаев Артурица низам цIунулез жиндие рахIат толеб гьечIин, гьанже гьезул ирга жиндир гIагарлъиялде щун бугин абун, щиб гьабунги жиндие квекIенал гьаризе жив туснахъ гьавизе нухал ралагьулел ругин гьезилан абун кагъат хъван буго 23 марталда Россиялъул жанисел ишазул министрасухъе.

Бабаев хисулев ва гьесул гьудул Эседов Альбертица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб хъваялъе гIиллалъун кканила 22 марталда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз щибниги баянги гьабичIого Артурил вацасул вас Наметхан полициялъул бутIаялде вачин. Живго Артурица гьаб сагIат журналистазе кинабниги баян кьолеб гьечIила, гьединаб хIукму гьабиялъе гьесул хасал гIиллаби ругинги лъазабуна Альбертица.

Гьес бицухъе 22 марталъул радал 11 тIубараб гIадаб мехалда МахIачхъалаялда Аскерхановасул къотIноб бугеб Артур Бабаевасул чIварав вац сиясатчи, жамгIияв хIарактчи ва инсанасул ихтиярал цIунулев Фарид Бабаевасул рокъоре рачIун руго жал низам цIунулел ругинги абун цо чагIи. Гьезул цохIонигияз жидерго документалги рихьизарун гьечIо. Рокъов ватарав Фаридил 25 сон барав Наметханида абун буго гьез дур паспорт бихьейилан. Гьелъухъги балагьун гьел чагIи чIун руго мун жидеда цадахъ полициялъул бутIаялде вилълъине кколин. Щай гьев гьениве вачунев вугев, кинаб гIилла гьелъие бугебалиги лъицаниги бичIчIизабун гьечIо. Гьеб мехалда Наметхан Артур Бабаевасде кIалъан вуго гьениб лъугьа-бахъунеб бугелъул бицине. Гьениве вачIарав Артурица абун буго живго тейин гьев вас, гьес щибниги къануналде данде кколареб жо гьабулеб гьечIин, нужее жив къваригIун ватани гьале жив кквейилан.

Эседов Альберт: «Артурица живги кквейин гьесдаго цадахъилан абун буго низам цIунулезда. Полициялда щиб кинали бичIчIизабизе къваригIун букIана гьесие, амма гьев вачун гьечIо гьез. МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялде вачун вуго Наметхан, гьениве хадув арав Артур жанивецин виччан гьечIо цин. Наметханилгун гара-чIвари гьабун буго гьениб нилъер гьаниса гурев, батIияб бакIалдаса хIалтIизе витIун вачIарав цо гIурусас. Мун щиб гьабулев чийин, щиб пишайин дур бугеб, къватIисел пачалихъазде ун вукIаравищин абун гьединал суалал кьун руго гьев чияс Наметхание. Киналъего жаваб кьун хадуб гьес гьикъун буго мун мегежги тун хьвадулевищилан. Хьвадуларин, жиндир киданиги бахараб мегеж букIунарин абураб мехалдаги, гьев полициялъулав тIаделъун вуго гьесде дуца жидер хIалтIухъаби рачIиналде кIкIванарун букIарабищин гьебилан. БукIинчIин, жив гьатIан къоялъ радал рахъун нуж рачIинин абун дандчIвай гьабизейищин хIадурун вукIаравин абун буго гьес. Гьелдаса хадуб суратги бахъун буго гьесул,мун цохIониги сияхIалдаги гьечIин, щиб гьабизе, щиб гIилла букIун ккуравали бичIчIуларила жиндайиланги абун виччан тун вуго гьев».

Гьединго Альбертица бицана Артур Бабаевасул ракIчIун бугила низам цIунулез гIагарлъиги хIалае ккун жиндиде тIадецуй гьабизе хIал бихьулеб бугила. Дагьав цевегIанги иргадулаб нухалда Артур ккун хадуб гьесул партиялъул нухмалъиялъ ахIи бахъинабун букIанила, гьез Дагъистаналъул ва Россиялъул жанисел ишазул министразухъе кагътал хъван рукIанила Бабаев живго тейилан.

Гьелдаса хадуб жинде тIаделъизе кIолеб гьечIила къуваталъул идарабазда, гьанже гьез жиндир гIагарлъиялъул рахIат хвезабизе байбихьун бугилан. Артур Бабаев полициялъулаз зама-заманалдасан кколев вуго дур бахараб мегеж бугинги абун. Ахирисеб нухалда исана марталъул байбихьуда ккурав гьесда полициялда лъазабун буго мун кинабалиго сияхIалда вугев чи вугила, гьединлъидал ккун вукIанилан. Щиб сияхI гьеб, щай гьенибе Артурил цIар босарабалиги лъазабун бажарун гьечIо.

Гьединго 20I4 соналъул ноябралда Артур Бабаевасул рокъоб чIухьги бан букIана. Гьеб мехалда жиндир дове гьеб мухъалъул жаваб кьолев полициялъулав, ай участковый вугилан абун вачIун вукIарав чи, жиндир вацасул вас кколеб мехалда гьенивги вукIанила жив гьеб мухъалъул жаваб кьолев вугиланги абун.

Жинца гIумру гьабун бугебги вацасул васас гIумру гьабун бугеб бакIалда гьел тIубан батIи-батIиял мухъал кколила, цого чи гьенив участковыйлъун вукIине рес гьечIин, низам цIунулел жинда хадур лъугьун ругила, гьезие жив туснахъ гьавизе щиб букIаниги багьана къваригIун бугин, гьел полициялъулаз жидедаго ракIалде ккараб хIалалъ гIадамалги гъорлъе рачун чIегIераб сияхIал гIуцIулел ругила. Гьез мегеж бугевщинав чи экстремист вугин чIезабулеб бугилан, гьезул гIорхъолъа арал ишазе букIине кколеб къимат кьейилан абун хъван буго Артур Бабаевас Россиялъул жанисел ишазул министрасухъе битIараб кагътидаги.

«Кавказский Узел» сайталъе Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон лъугьине бегьулел такъсирал нахъчIвазелъун хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда ккун вукIун вуго Наметхан Бабаев.

XS
SM
MD
LG