МагъчIваялъе рес

Сириялда Навруз-байрам къоялъ гьабураб тIадекIанцIиялъул хIасилалда хвана 45 чи


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница квешаб къимат кьуна Сириялъул Хасеке шагьаралда аслияб къагIидаялда курдаз Новруз-байрам кIодо гьабулеб мехалда гьабураб тIадекIанцIиялъе.

Гьелъул хIасилалда, Сириялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда хадуб хал кколеб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, хун вуго 45 чи, гьездаго гъорлъ лъималги. Нусго гIанав чи лъукъунги вуго.

«Гьеб нахъегIанаб тIадекIанцIи гьабун буго курдазул жамгIияталъул вакильзаби цIияб соналде ругел хьулал загьир гьаризе ракIарараб мехалда», - ян лъазабуна Пан Ги Муница.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул нухмалъулев Рами ГIабделица «Франс-пресс» агентлъиялда лъазабуна, гьеб тIадекIанциялда нахъ бугин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиян.

XS
SM
MD
LG