МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда рагIалде бахъана низам цIунулезул хасаб оперция


Миллияб антитеррористияб комитеталъул лъазабиялда рекъон, МахIачхъалаялда гIаммаб къагIидаялда анлъго экстремист чIван вуго щуготIалаяб миналда гьабураб хасаб операциялъул хIасилалда.

Лъукъун вуго СОБРалъул хIалтIухъан.

Хасаб операция тIобитIулеб букIана тахшагьаралъул Ленин мухъалда.

Яргъид гIуцIраб рукIараб рукъалда жаниб батун буго ярагъ ва гула-хер. Хасаб операцияялъул байбихьудаго рукъусан къватIибе бачун букIана лъимер.

XS
SM
MD
LG