МагъчIваялъе рес

Депутатазул гIумру дагьалъги бигьалъизабизехъин буго...


«Известия» газетаялъул лъазабиялда рекъон, Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасун буго пачалихъиял хъулухъчагIазе, министразе, Пачалихъияб Думаялъул депутатазе, Федерациялъул Мажлисалъул гIахалчагIазе, президентасул администрациялъул ва хIукуматалъул аппараталъул, Конституциялъулабги ТIадегIанабги диваназулги, къокъго абуни, тIалъиялде хурхен бугел гIемер хъулухъчагIазе ва гьезул хъизаназе дараби чIорого яги багьаялъул 50 проценталъухъ чIезариялъул буюри. Гьеб лъазабиялъ кIудияб ажиотаж, ахIи-хIур, разигьечIолъи багъаризабуна информалатазда. Кинал рагIабаз гьединаб разигьечIолъи загьир гьабулеб бугеба дагъистанияз?

Жалго депутал ва цогидал хIакимчагIаздаго цадахъ гьезул хъизан лъималазеги чIорого яги бащдаб багьаялде дару-сабаб ва медикиял тIагIелал щвезе кколеб буго 2015 соналъул 16 марталъ Россиялъул президентас бахъараб буюрухъалда рекъон (№I36). Дагьаб цебегIан, дару-сабаб гьадинго яги бащдаб багьаялде щвезе ихтияр букIана гIицIго батIи-батIиял рагъазул гIахьалчагIазул, сакъатлъи бугел гIадамазул цо-цо къакъабазул, Жанисел ишазул хIалтIухъабазул ва Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар бугезул.

ЦIияб буюрухъалда рекъон анцI аза-азар хIакимчагIи ва гьезул хъизан лъималазе дараби росизе бюджеталдаса 10 млрд. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац харж гьабизе кколин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.

Дагьал церегIан къояз Дагъистаналъул тIалъиялъ хIакимчагIазул харжал 10 проценталъ дагь гьариялъул лъазабунин, гьеб буюрухъалдаса хадуб гьединал галабазул кинабгIаги пайда гьечIолъи бихьулин абураб пикру загьир гьабуна Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул вакил МахIмудов МахIмудица.

Кинаб пикру бугеб гIадатиял гIадамазул хIакимчагIазе ва гьезул хъизаналъе гьарулел льготабазда хурхунали цIехана «Эркенлъи» радиоялъ МахIачхъалаялъул къватIазда дандчIварал гIадамазда.

ХIукуматалъ рес бугезе гуреб, ресалда гьечIезе гьабизе ккелин квербакъи кризисалъул заманалда, депутатал ва хIакимчагIи рес гьечIел кколарин абураб пикру загьир гьабуна гьез.

Аминат Къадиева: « Гьеб буго мекъаб иш, щай гIумруялъ колхозазда ва хIукуматалъе хIалтIарал чагIазе гьечIел льготаби, гьадинги бечедал хIакимчагIазе гарулел. Гьадинги гIадатиял гIадамазухъа гIарац тIалаб гьабула гьез, яслиялда лъимер лъезе кканиги, школалдаги, институталдаги. Гьезул лъимал гьадинги тIасан рорчIун руго. Гьеб кутакалтIа гIакълу гьечIеб гали буго. Киналго хIакимзабаз жидеего ва жидер гIагаразе чIаголъи гьабула. Эзухъе щибго жо тIалаб гьабизе рачIаниги гIадхочI гьарун нахъе ритIула. Гьединал жал гьарулел рукIаго, гьадин хIукумат хутIи щакаб жо буго».

ГIумар « Къойидаса къойиде налогал рахинарулел руго, багьаби рахинарулел руго, гIаксалда гьабизе ккола гьеб, хIакимазе гуреб, цо харжида божун ругел гIадамазе гьабе кумек».

Пенсионер КIудалаев ГIали : « Мискинал, лайикъал чагIазе кье, чиновниказе кьезе ккеларо, гьел нилъер би цIулел чагIи руго. Щварал бикъулел хъамалчагIазе бегьиларо гьеб гьабизе».

Чакар: « Депутатал руго бечелъиялъ цере туркIарал чагIи, гьелги нилъги батIи-батIиял чагIи руго, бесдалазе бегьила, сакъатал, ресукъал гIадамазе бегьила гьадинго дараби кьезе. Бечедал чагIазе кумек гьаби дида бичIчIуларо, щокъроб нах къарал бечедал чагIазе кумек гьаби кин бичIчIулеб?».

Мусаева ХIалимат: « Бищунго кризисалъул кьаби щварал чагIи депутаталищ кколел, гьезул кIалгIабахъ халгьабизе айилан абе, гIадатиял гIадамал цIакъ квешал, тIад тIадхъел гурого гьечIеб бакIалда гIумру гьабунцин руго, гьезухъа нахъе босизе ккола, тIаде кьезе гуреб».

ХIусейнова Сарият : « Депутатлъиялде рахунаро чванта биццатал гурел чагIи, ХIакимчагIазул рохьгIадин буго гIарац, гьезие чIобого кьечIогон, херал, цо пенсиялда божун ругел гIадамазе гьабизе ккела кверчIвай».

Цо хIакимазе гуребги киналго гIадамазе гьабизе ккелин кумакилан рикIкIунеб буго Медакадемиялъул студент Арсеница. Гьесул гьалмагъ Мухтарил пикруялда батIиял пачалихъазда дару-сабаб гьабизе рес бугел гIадамазе льготаби гьари меъкъаб иш буго.

Мухтар Гъазиев: « Киналго хIакимзаби ракIбацIадго хIалтIулел ругони бегьила гьезие гьеб, амма хIакъикъат батIияб буго, гьезул гьелде хIажат ккунго гьечIо. ХIажат ккарал гIадатиял гIадамазе гIемер кIвар буго гьединаб кумак гьабиялъул. Бищун хIажаталгIаги дараби чIорого гьезие щай кьоларел».

Жалго депутатазул Дагъистаналда кинаб пикру бугеб гьеб буюрухъалда хурхунали цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна чанго депутатгун, амма гьезухъа киналгIаги баянал щвечIо.

«Росстат» гIуцIиялъул баяназда рекъон, тIолго Россиялда хIакимчагIазе щолеб харжил гьоркьохъеб къадар кколеб буго 40 азарго гъурущ, депутатазул харж бахунеб буго 300 азарго гъурщиде.

Редакциялъул баян: Гьаб баян хIадур гьабун хадуб бачIараб информациялда рекъон, Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабун буго, 16 марталда президентас гъулбасараб буюри мекъи загьир гьабун бугин.

XS
SM
MD
LG