МагъчIваялъе рес

Берцинал ва гьекъечIел «рекIел ахIигун»


Россиялъул президент Владимир Путин Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса лъагIел тIубаялъул тадбиралда. Москва. 18Мар2015
Россиялъул президент Владимир Путин Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса лъагIел тIубаялъул тадбиралда. Москва. 18Мар2015

18 марталда тIубана лъагIел Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса. Гьеб хIужаялда хурхун Москваялда тIобитIизесеб митингалде ва концерталде тIалъиялъ халкъ цебего хIадур гьабулеб букIана. Щибаб абухъе идараялда лъазабулеб букIана гьениве чан чи витIизе кколевали, гьезул кодоб щиб букIине кколебали ва хIатта гьезул куц-мухъгун ретIел кинаб букIине кколебалицин.

Гьел хIажаби уял гьарулел баянал руго Эркенлъи Радиоялъухъ. Кинал гьел ругел ва щай Крымалъе аннексия гьабиялда хурхун цоцаздаса тIубанго батIи-батIиял пикрабиги ругел гIадамазул?

Россиялъе Крымалъе аннексия гьабуралдаса лъагIел тIубаялъул тадбиразде хIадурлъулаго гьеб гIуцIулезул аслияб хьул букIана Кремлалъул рахъ ккурал активистазда, бюджеталдаса харж щолезда ва гьел тадбиразда мухьдахъ гIахьаллъизе ругезда. Концерт кьезеги ахIун рукIана тIалъиялъе рокьулел артистал.

Улкаялъул нухмалъиялъ тIолабго халкъалъул роххел загьир гьабиялъул абун бицунеб гьеб тадбир гIуцIулеб букIараб куцалъул хъвалеб буго «Новая газетаялъ». Гьелъул баяназда рекъон, тахшагьаралъул школабазул директоразухъе щивасул цIаралда хъвараб кагътида бихьизабулеб буго, гьенир хIалтIулезул къадаралде балагьун, митингалде витIизе кколев 10-30 чиясул къадар. Гьенибго бихьизабун букIун буго щиб кодоб букIине кколебалиги. Масала: «ЧIухIула улкаялдаса!» абурал игIланалги, кьер-кьерал понцIерабиги. Интернеталда батула концерталъухъ балагьизе ахIулел гIадамал кинал рукIине кколелали хъварабги баян. Гьел рукIине кколел рукIана 16-ялдаса 80 ялде щвезегIан соналги ругел, берцинал ва гьекъечIел гIадамал.

massovki.ru сайталъул баяназда рекъон, гьениб гIахьаллъи гIарцудалъун бецIизеги буго.

«Антимайдан» абулеб багъа-башариялъул пресс-секретарь Валерий Заборовскияс абулеб буго гьеб гIарац бикьиялдехун жидер кинабгIаги гIахьаллъи гьечIин ва гьел тадбиразде гIадамал «рекIел ахIиялъ» рачунел ругин.

Интернеталда гьединго ратизе бегьула гьел тадбиразде славяназул куц-мухъ бугел гурони гIадамал ахIулел гьечIин ва рачIаразул ратIлил кьерал Украиналъул байрахъалъул кьерал ай тIогьилал ва хъахIилал рукIине бегьуларин абурал баяналги.

Крым Россиялде гъорлъе бачараб мехалда гьелъул рахъ ккурал тадбирал рукIана Дагъистаналдаги. Дагъистанияз гьенибе битIун букIана гуманитарияб кумекги, тIобитIун букIана автораллиги. Гьеб автораллиялъул гIахьалчи ва Халкъияб Фронталъул Дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъиялдаса ГIалиев МухIамадсултIание ва жамгIияв хIаракатчи СагIидов ГIабдурашидие нижеца кьуна Крымалда хурхун цого суалал.

ЭР: Крым Россиялде гъорлъе бачараб къагIида ай къасиялдаса рогьиналде абухъего, къокъабго заманаялда референдумги гьабун гьеб Россиялъул ракь бугин чIезаби битIараблъун рикIкIунищ дуца?

ГIалиев МухIамадсултIан
ГIалиев МухIамадсултIан

ГIалиев МухIамадсултIан: «Щай рикIкIунареб? Гьеб буго халкъалъул эркенаб тIасабищи».

ЭР: «Масала, метер Дагъистаналда референдумги тIобитIун халкъалъ абуни Россиягун рукIине бокьун гьечIин жидеейин, лъица Дагъистан Россиялдаса батIа тезе бичIчIазе бугеб?»

ГIалиев МухIамадсултIан: «Конституциялда рекъон буго гьединаб ихтияр, амма дагъистаниязул 80-90% абизе буго жал Россиялдаса кирениги унарин».

СагIидов ГIабдурашид
СагIидов ГIабдурашид

СагIидов ГIабдурашид: «Абизе бегьила советияб заманалда Крым Украиналъе мекъи кьунин. Кин бугониги гьеб кьуна ва гьелъул документал руго. 1991 сон. Украиналъул, Белоруссиялъул ва Россиялъул президентаз хIукму гьабуна Советияб Союз биххизе ва ругел куцалда киналго гъурхъабиги тун республикаби жалго жидедаго чIезе. Киналго республикабазул парламентаз щай гьеб хIукму тасдикъ гьабураб? Гьелдаса тIекълъун ратани ва масала, Крым Украиналда тун, Россиялде макьу щолеб букIун батичIони щайха гьелъул бицине журачIел, конпенсациял кьунги цоги къотIиял гьарунги бегьулаангури гьеб суал тIубазе. Амма къасиялдаса рогьиналде Крым Украиналдаса тIезаби дунялалдасаго цебе агрессиялъул актлъун лъугьана».

ЭР: Крымалдаса Россиялъе щиб щвезе бугеб?

ГIалиев МухIамадсултIан: «Дица ракIбацIцIадго ва чIванкъотIун абулеб буго 3-4 соналдасан нужеда Крым лъазе гьечIин. Гьеб цебетIезабиялъе гьабизе буго гIемераб хIалтIи. Гьаризе руго нухал, разе руго рукъзал, кьоял ва заводалгун фабрикаби. Гьелъул гьабизе буго ракьалда тIад алжан.

ЭР: «Щай гьалгощинал соназ Россиялъул цониги республикаялда абухъе гьабулеб гьечIеб гьеб хIалтIи батIа босун Крымалда гьабизе ккун бугеб?»

ГIалиев МухIамадсултIан: «Щай гьабулеб гьечIеб? Буго. Крымалда абуни хIукуматалъ инвестициял рачIине ресал чIезаризе руго. Инвестициял кьолезулги бер бахилаб бакI бугелъул Крым».

СагIидов ГIабдурашид: «Дуца абе дида Крымалдаса къадараб бакI щиб бугеб Дагъистаналъул курорт гьабичIого тезе? Щиб гьабун бугеб гьаб 20-30 соналъ Дагъистан курортазул зона гьабизелъун? Гьебго хIалтIи Крымалдаги гьабизе батилаха!»

ГIалиев СултIанилгун СагIидов ГIабдурашилил Крымалъул суалалда сверун "бахIс" нижеца эфиралде кьезе буго бачIунеб гьатIан къоялъул къаси Дагъистаналда сагIат 7 тIубараб гIужалда.

XS
SM
MD
LG