МагъчIваялъе рес

Нахъеги гIадамал тIагIунел руго


Шамиль МахIамадов вукIун вуго полициялъул сияхIалда. Гьанже гьесул гIага-божаразда лъалеб гьечIо гьев кив вугевали.
Шамиль МахIамадов вукIун вуго полициялъул сияхIалда. Гьанже гьесул гIага-божаразда лъалеб гьечIо гьев кив вугевали.

17 марталъ Дагъистаналда кIиго чи тIагIун, кир ругелали чIезаризе кIоларого руго гьезул гIага-божаразда, абулеб буго гьел низам цIунулез ккун рачун унел рихьун ругин. Дагъистаналда низам цIунулезул сияхIазде росарал гIадамал тIагIун, заманалдаса низам цIунулез ккун ратулел лъугьабахъинал гIемерлъун ругин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Буйнакск шагьаралдаса Шамиль МухIамадов гьесул гIага-божаразда кив вугевали лъазе кIоларого кIиго къо балеб буго. 17 марталъ, радал лъимал школалде ва лъималазул ахалде щвезаризе арав чи тIад вуссун вачIинчIин, ахIидал мобилияб телефонги свинабун букIанин абулеб бугеб гьесул вацасул чIужу Сабринаца. Шагьаралде рахъун цIех-рех гьабидал, лъимал щвезарун, тIад вуссун вачIунев вукIарав Шамиль чIезавун, гIадатияб ретIел ретIарал низам цIунулез вачун анин бицанила гьеб бихьарал гIадамаз.

Жанисел ишазул бутIаялде ун цIехедал, гьев ккун гьечIин ва жидеда лъалеб жо гьечIилан лъазабунила полициялъулаз. 18 марталъ, МухIамадовасул гIагарлъиялъ Шамиль тIагIиналда хурхун гIарза кьун буго Буйнакск шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялде.

Автомобиль чIезабун, гъурун цIурдулгун, цогидаб автомобилалда жанивги къазавун вачун инев вихьун вугин гьев гьениб гIагар бугеб чед бежулеб бакIалъул гIадамазда амма, рагьун гьеб абизе гьел хIинкъулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе тIагIарасул гIагарай гIадан Сабрина МухIамадовалъ.

Сабрина МухIамадова: « Школалде ва яслиялде лъимал щвезарун, тIадвуссун вачIунаго, цо чед бежулеб бакIалда ругел гIадамазда бихьун буго гьев вачун инев. Гьесул машина чIезабун, цIурдул гъурун къватIиве вахъинавун, цогидаб автомобилалда рекIун вачун ун вуго гьев, цогидас гьесул автомобильги бачун ун буго.

Гьеб лъугьа-бахъин ккараб бакIалда гъурараб цIерги букIана, гьесул тIагъурги батана. ЦIех-рех гьабидал, гьесул щибго лъалеб жо гьечIин абуна низам цIунулез. Цевего хIажат вукIана гьев гьезие, гьесул вац изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун бухьен букIиналда хурхун жанив тIамун вукIиналъ».

Живго Шамиль МухIамадовги 2013 соналдаса нахъе вукIанин низам цIунулезул сияхIазда, амма цогIаги нухалъ бутIаялде вачун яги ккун вукIинчIин баян гьабуна МухIамадовалъ.

Гьединго кив вугевали лъазе кIолеб гьечIо МахIачхъалаялдаса Хириясулаев Мурад. 17 марталъ, къад, сагIат 2 тIубалеб мехалъ, Ярагъиясул къватIалда бугеб кафеялдаса къватIив вачIунев чи «Газель» машина бачIун, гьениса къватIире рахъал 7-8 чияс ккун вачун анин ва киве гьев вачуневали щибго абун гьеч1ин цадахъ вукIарасдайин баян гьабулеб буго кккун арасул гьалмагъ Каримица.

Хириясулаевасда цадахъ гьеб параялъ цоги гьалмагъ вукIанин, гьеб газелалдаса къватIире рахъарал гIадамаз Мурад жиндирго «Приора» автомобилалда жанив рекIинавун, гьесул машин цо рахъалъ бачун ун бугин, хадубго хутIарал низам цIунулел рекIарал «Газель» машинаги анин бицана жиндир цIар абизе бокьичIев чияс.

Мурадил гьалмагъ Каримица баян гьабуна гьев кинабгIаги къануналда данде кколареб жо гьабулев, яги цогIаги нухалъ полициялъулаз тамихIалде цIарав чи вукIинчIин. Гьев жиндирго автомобилазда хурхараб бизнес бугев чи вугилан. Дагьаб цебегIан, Хириясулаев низам цIунулез салафияв гIадин жидерго сияхIазде восун вукIанин, амма тIокIаб гьесдехун кIалъай букIинчIилан тIаде жубана гьес.

«Экенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул Советский, Киров ва Ленинский мухъалъул Жанисел ишазул бутIабигун, амма гьенисан кинабгIаги информация щвечIо, гьез жидеда гьединав чи ккун вукIиналъул лъалеб жо гьечIилан абун. Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул цIар абизе бокьичIев вакиласул рагIабазда рекъон, ккун вачун чи ун вугонини гьеб Жанисел ишазул хIалтIухъабазда лъачIого букIинеги рес бугила, Федералияб цIуна-къаялъул хъулухъазул хIалтIул баянал гIицIго гьезда гурого лъангутIиялъ.

17 марталъ йигей бакI лъан, ятун йиго 10 марталдаса нахъе тIагIун йикIарай ТIалхIатова ГIайшат. Гьей ва лъимер чIаго ругин ва рокъоре нахъруссанин бицана гьабуна гьелъул гIага-божараз. Амма тIокIал киналгIаги баянал кьезе инкар гьабуна.

2013-2014 соназ, цересел саназда данде ккун гIадамал тIагIун, рикъун, ккун, ругеб бакI лъазе толарого рукIиналъул хIужабазул къадар дагь букIанин цересел саназда данде ккун, амма 2015 сон байбихьаралдасаго гьел хIужаби гIемер ругин, гIадамал ккун, кир ругелали лъазе толел гьечIин, гьел ккуралги ругин низамцIунулез сияхIалде росарал гIадамалин баян гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб «Правозащита» гIуцIиялъул вакил Юсупов Идрисица. Цо бакIалда тIагIарав чи, чанго къо индал, цогидаб бакIалда такъсир гьабиялъул ишги рагьун, цIех-рехги тIобитIун вати гIадатияб ишлъун лъугьун бугила.

XS
SM
MD
LG