МагъчIваялъе рес

Украинаялдаса лъутизе ккаразул ресал гIатIилъизарулел руго Дагъистаналда


Гьал къоязда Украинаялдаса Дагъистанаалде гочаразул лъималазе хасаб лъималазул ах рагьизе бугин лъазабулеб буго республикаялъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ. Ахисирел баяназда рекъон Дагъистаналда руго 600 гIан гочун рачIарал. Гьел рукъ-бакIалдалъун ва хIалтIудалъун хьезариялъе гьоркьоса къотIичIого хIалтIи гьабулеб бугилан абурал баянал кьолел руго Дагъистаналъул тIалъиялъги.

Гъаякент мухъалда бугеб "Лезет" абулеб хIухьабахъи гьабулеб бакIалда, гIагараб заманалда, Украинаялдаса гочун рачIаразул лъималазе хасаб лъималазул ах рагьизе буго. Гьебго ахикь гочаразе хIалтIиги кьезе бугин, - лъазабулеб буго Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ.

Нариман АхIмадов:"Гьеб лъималазул ах рагьиялъе гIиллалъун ккана Украинаялдаса гочун рачIарал хIалтIулел ругел эбел-инсуе лъимал тезе бакIалъул санагIалъи букIинчIолъи. Гьезде руссине умумузул рес гьечIолъиялъ "Лезет" абулеб хIухьбахъи гьабулеб бакIалда рагьизе ракIалде ккана лъималазул ах. Нилъ ругьунаб гIадаб букIунебго ах гуроха гьеб, гьелъие жеги ресал гьечIо нижер, гьенире ритIизегIан гIемер лъималги гьечIо гьенир. Гьеб букIине буго гьитIинабго лъималазул рукъгIадаб бакI. Гьенир хIалтIизеги жалго гочун рачIарал росизе руго. Гединал рукъзал цойги гочаразул чIей бугеб бакIалда рагьизеги хIалтIи гьабизе буго нижеца. ГIагарал къоязда жаниб "Лезеталда" бугеб гьеб лъималазул ах официалияб къагIидаялъ рагьизе буго нижеца. Гьелъизе къваригIунеб къайи-цIа босулел руго, расанкIабиги, суратал рахъизе, хъвадаризе хIажабщинабги босун бахъун буго"- гьедин бицана "Эркенлъи" радиоялъулгун букIараб гара-чIварялда Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул хIалтIухъан АхIмадов Нариманица.

Гьединго Нариманица бицана гьеб цебехун рехсараб министрелъиялъ ва Дагъистаналъул тIалъиялъ гьоркьоса къотIичIого кIвараб хIалтIи гьабулеб бугила тIурун рачIарал гIадамал хIалтIудалъун хьезаризе, гьезие рукIа-рахъиналъе санагIалъаби гьаризе, гьезул лъималазе цIализе ресал чIезарияъе. Гьесул рагIабазда рекъон ахирисел баяназда рекъон Дагъистаналда вуго кинавниги Украинаялдаса гочун вачIарав 628 чи, гьезда гьоркьоса I64 лъимерги кколеб буго.

АхIмадов Нариман: "ГIага-божаразул дора руго Украинаялдаса гочине ккаразул 423 чи гьезда гьоркьов 101 лъимерги буго. Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ гьелги реххун толаро. Гьезиеги гIарцудалъун, кванил нигIматаздалъун кумек гьабула. Школалде унел лъималазе хIажатаб къайи-цIа босула, ай хасал бакIазда ругел гочаразе кумек гьабун, гIагарлъиялъул дора ругезе гьабичIого толаро. Гьедин заманалъ гьел рукIине гьарурал бакIазда руго 205 чи гьезда гьоркьоса 60 лъимерги буго. Гьезулги 36 лъимер школалда цIалулел руго. Масала, Гъаякент мухъалда ругел гьел гочарал гIумру гьабун ругел бакIаздаса бахъараб гьел лъимал школалде щвезаризеги, гьениса рачинеги хасаб автобус чIезабун буго. ХутIарал гIадамал руго "Дельфин" ва "Лезет" хIухбахъулел бакIазда. Гьел киналго гочун рачIаразда гьоркьоса 276 чияс гIарза хъван букIана жидее хIалтIи кьейилан абун. Гьезда гьоркьоса 226 хIалтIудалъун хьезавуна нижер министерлъиялъ. Гьелда тIадеги хасгьабун гьел гочун рачIаразе хIалтIизе 773 хIалтIизе бакI чIезабун буго Дагъистаналъул батIи-батIиял идарабаз. ХIалтIудаго цадахъ гьел гIадамазе жанир гIумру гьабизе бакIал кьезе хIадурал идарабаги руго".

Жалго Украинаялдаса гочун рачIарал рази ругищин гьезие Дагъистаналда чIезарун ругел шартIаздасайилан цIехана "Эркенлъи" радиоялъ Луганск мухъалдаса Терехова Ларисада. Гьей кIиго жиндирго гьитIинаб лъимергун цадахъ "Дельфин"абураб хIухьбахъулеб бакIалда гIумру гьабун йиго.

Терехова Лариса: "Нижееги лъималазеги гьаниб киналго хIажаталщинал шартIал чIезарун руго. Щиб къваригIун бугин абуниги кумек гьабизе хIадур рукIуна гьанир гIадамалги. Кутакалда кIудияб баркала кьоле буго дица дагъистаналъул халкъалъе. Гьоркьоса къотIичIого гьанибе кванил нигIматалги, ретIелги бачIуна нижее. Дир лъимал школалде уна, дун гьаниб хIухьбахъи гьабулеб бакIалда медсестралъун хIалтIилей йиго. Нижер гьанир ругел гIемерисезе хIалтIи кьун букIана , цоял хIалтIилел руго, цогидал нахъе рилълъана. Гьезие дагьабги лъикIаб хъулухъ къваригIун батилаха. Гьеб дида лъаларо, дида лъалеб жо буго гьаниб гIадатияв чиясе гIунги тIокIал шартIал чIезарун рукIин. Амма кин букIаниги рокъор руссине хьул буго дир, дир эбел хутIана доя, дирго гIагараб шагьаралде тIад юссине бокьиларищха".

Дагъистаналъул нухмалъиялъ Украинаялдаса гочун рачIаразул тIалаб гьаби гурониги, Крымалъул гIадамазаги кумек гьабулеб бугин абизе бегьула. Гьедин 15 марталда республикаялъул тIалъиялъ ва Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ цадахъ рекъон иргадулаб нухалда кванил нигIматазул цIурал автомобилал ритIана Крымалде. Гьаб нухалда Крымалъул лъималазул рукъзабазе ва лъималазул ахазе 35 тонна гуманитарияб кумекалъул битIун буго Дагъистаналдасан.

XS
SM
MD
LG