МагъчIваялъе рес

"Нани гур"-ясикIабазул дунялалда

10 марталда МахIачхъалаялда байбихьана миллияб ретIел ретIарал ясикIабазул экспозиция. Гьезул "куц-мухъги" буго дагъистаниязда релълъараб. Гьел гьарун руго Дагъистаналдаса устарзабаз. ЯсикIабазда ретIун буго республикаялда гIумру гьабулел халкъазул партал. Цо-цо ясикIаби ричулелги руго. Гьезул багьа буго 10-15 азарго гъурущ. ГIадамаз гъираялда росулелги руго гьел.

Экспозициялда цIар буго "Нани гур". МагIарул цо-цо росабалъ бугеб диалекталда рекъон, "ясикIабазул горде" абун бичIчIизе ккола гьеб.

Экспозиция къала 3 апрелалда. МахIачхъалаялдаса хадур гьел ясикIаби рихьизаризе руго Шималияб Кавказалъул республикабаздаги.

ЯсикIаби рихьизе ун йикIана нижер мухбир ХIажиева Зульфия.


Цойги

XS
SM
MD
LG