МагъчIваялъе рес

Эбелгун лъимер тIагIун руго


ТIалхIатова ГIаишат лъимергун
ТIалхIатова ГIаишат лъимергун

МахIачхъалаялдаса ТIалхIатова ГIайшат кий йигеяле лъазе кIолеб гьечIо гьелъул гIага-божаразда. Полициялъул бутIабазда гIагаразухъе киналгIаги баянал щун гьечIо. НизамцIунулезул сияхIалда ругел чагIи рукIиналъ, гьей ккун ятизеги рес бугила.

МахIачхъалаялдаса 20 сон барай ТIалхIатова ГIайшат кий йигеяли лъазе кIоларого кIиябго къо бугин лъазабулеб буго гьелъул гIага-божараз. 10 марталъ, сагIат 10 тIубалеб гIадинаб мехалъ, васгун лъималазул поликлиникаялде арай гIадан тIад юссун ячIун гьечIо рокъое. Рукъалда гIагар бугеб гьеб азарханаялде ГIайшат ун йиго лъагIел бачIев васги вачун. ЦегIанго росасдаса ятIалъун, ГIайшат гIумру гьабун эбел-эменгун йикIун йиго.

Рукъалда гIагар бугеб бакI букIиналъ, гьелъ мобилияб телефонцин кодоб босун букIун гьечIо. СагIат 11 тIубараб мехалъ, яс рокъое ячIинчIого, жидеца азарханаялде ахIанила, гьениса жаваб гьабунила ГIайшат цо хIажатаб кагъат босизе цогидаб азарханаялде анилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе тIагIарай ясалъул эмен МухIамадхIабиб ТIалхIатовас.

МухIамадхIабиб ТIалхIатов: « « Динамо» стадионалда нахъа бугеб азарханаялде ана гьей, сагIат 10 тIубараб мехалъ, гьей дагьай цее егун йикIана Гоголя къватIалда бугеб азарханаялда, гьенисан хIажатаб кагъат босизе йитIун йиго гьей, амма азарханаялде гьей щун гьечIо. Цояб азарханаялдаса цогиялъуе унаго нухдаса гьей тIагIун йиго».

Къадеялдаса ГIайшатил гIага-божарал гьей ялагьизе лъугьун руго, киналго азарханабазде, лъалел-хъвалезухъе щун. Яс тIагIун йигин ун руго полициялъул бутIабазедги, цогидал идарабазде, амма щибго хIасил ккун гьечIо.

11 марталъ МухIамадхIабиб ТIалхIатовас Киров мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде гIарза кьун буго, лъимер кодоб бугей яс тIагIун йикIиналда бан.

Гьей ине рес бугебщинаб бакIалда цIеханила жидеца, амма щибго лъачIила. НизамцIунулезул сияхIазда гьей йикIиналъ гьей ккун, кий йигеяли лъазе толарого ятизеги рес бугила.

Гьедин, кIиго моцIалъ цебе низамцIунулел рачIун рукIанила жиндир яс Жанисел ишазул бутIаялде ячине тIадкъай бугилан баян гьабуна МухIамадхIабибица.

МухIамадхIабиб ТIалхIатов: « Цо сордоялъ, кватIараб мехалъ, цо бихьинчиги кIиго чIужугIаданги рачIун рукIана, жал Киров мухъалъул бутIаялдаса ругила, ГIайшат цадахъ ячине тIадкъай бугилан, амма дица гьей дир яс йигин ва гьей ячине кьучI гьечIин абуна, хIажатал баянал Советский мухъалъул бутIаялда ругин абун. Дунги дир хъизамги сияхIалде росун руго полициялъулаз. Базаралда хIалтIулев вуго дун, цо къоялъ полициялъулаз Советский мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде вачун, гьенир цо хъвай-хъвагIаял гьаруна. Нужеца гьабулеб щибилан цIехедал, гьез щибго кIвар бугеб жо гьечIин абуна. МахIачхъалаялдаса дирго росулъе унаго, Временный росдада гIагар чIезавуна дун, гьениб гьез абуна дун вагьабияв абун сияхIалде восун вугин ва Шамильхъалаялъул полициялъул бутIаялде витIун, гьениб лъабго сагIат гIанасеб заман чIвана».

МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда мухIкан гьабуна, ТIалхIатова тIагIиналда хурхун гIарза бачIин, амма тIокIал киналгIаги баянал жидехъ гьечIилан лъазабуна гьез.

Дагьалъ цебе, 2014 соналъул 19 декабрялъ, МахIачхъалаялдаса 18 сон барай Саламова Залму тIагIиналда хурхун лъазариял тIиритIизарун рукIана Жанисел ишазул министерлъиялъ, гьелъул жакъа къоялде щибго лъалеб жо гьечIин баян гьабулеб буго.



XS
SM
MD
LG