МагъчIваялъе рес

Умумузул рукIа-рахъингун лъай-хъвай гьабизе бегьула ХIариколо


ХIариколосей хинкIалгун
ХIариколосей хинкIалгун

Дагъистаналда этнотуризм тIибитIиялъе ресал ругел мухъаллъун кколел руго Хунзахъ, Гъуниб, Табасаран, Дахадаев ва жеги чанго мухъ. 2015 соналъул байбихьуде цо-цо мухъазда рагьун руго гьединал туристал къабул гьаризе умумузе хасиятаб хIалалда къачIарал рукъзал.

Хунзахъ мухъалъул ХIариколо росулъ, тIолго магIарухъго гIадин, гIадамал магIарухъа гIодолъиялде гочун, 100 гIечIеб цIараки хутIун буго. Росдал бетIер СагIадула ХIайбулаевас бицухъе, ахираб анцIго соналда жаниб, араб соналъ бан буго ХIариколо цIияб мина. Аслияб куцалъ рехун тун, чIунтун, риххун инел ругила минаби. Гьединабго къисмат букIине букIана росу бакьулъ бугеб живго СагIадулайил умумузул букIараб минаялъулги, амма гьеб цIидасан гIумруялде тIадбуссинабун буго.

Жал гьалбал къабул гьаризе гьабсагIатго хIадур ругин, рачIунел чагIи ругонанийин, баян гьабулеб буго СагIадулайица. Амма риидал росулъ хасаб берцинлъиги магIарул гьогьенги букIунила. Гьединго, ракIалда бугила росулъ лъималазул хIухьбахъи гьабулеб лагерь рагьизе, росулъа къватIире гочарал тIад руссун рачIун, риидаллниги магIарухъ заман тIамизе букIине.

КъватIиса рачIарал туристал гьечIониги, жалго магIарулазе кIвар бугила жидерго умумзул рукIа-рахъингун лъай-хъвай гьабизе. МагIарул мацI кIочIон течIого, цIуниялъеги кIвар бугила гьединаб жанисеб этнотуризмалъул.

КIитIалаяб, берцинго къачIараб минаялъул щибниги камураб жо гьечIо, махщелчилъиялъул алатаздаса бахъун, богогьандиялда квализарулел тIагIалабазде щун. Гьеб кинабго бакIаранин росдал жамагIаталъул чIаголъиялдайин баян гьабулеб буго ХIариколо росдал школалъул директор ПатIимат Хважаевалъ.

Хважаева ПатIимат: «Гьаб кинабго гIуцIиялъул аслияб гIилла дида бихьула лъималазда лъазаби, кин гIумру гьабун рукIарал нилъер умумулали. Гьезул жидерго гъира балеб буго, щивас рокъоса бачIунеб буго батараб некIсияб тIагIел. Масала, руго гьанир лулби, гьел лъималазда кин хIалтIулела рихьизаризецин ракIалде ккун буго нижеда».

Умумузе хасиятаб къагIидаялда къачIараб минаялда жаниб щибаб тIагIелалъ тIубалеб хIажат, гьеб хIалтIизабулеб куц, кинабго лъазе рес бугила бокьарав чиясда. Буго гьениб берцинаб сверункквел гьабураб, цебе къанагIатав чиясул рокъоб букIунеб букIараб кIудияб, цебегосеб матIуги, гьеб бугила ХIариколо росулъ вукIарав Къадиргъа абурав чияс гьабураб, гьесухъе цIулал устарлъиялъул махщел щун буго ХХ гIасруялъул авалалда ХIариколов вачIун чIун вукIарав Педро абурав гIурусасухъа. Жибго матIу цебе заманаялъ гьабулеб букIун буго тIалъиялда БакьайчIи ва ГьоцIалъ росабалъ. Гьединабго тарих буго умумузул рокъоб щибаб тIагIелалъул.

ХIариколо рагьараб умумузул рукъ цо гуро кколеб Хунхахъ мухъалда. Гьединалго рукъзал жакъа къоялде рагьун руго Сивухъ ва Уздалросо росабалъ. ГIуцIцIун лъугIулеб бугила гьединаб рукъ ГьоцIалъ росулъгийин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Хунзахъ мухъалъул Культураялъул нухмалъиялъул бетIер Ирайгьанат МухIамадовалъ.

Ирайгьанат МухIамадова: « Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабураб «ГIадамасул капитал» абураб программаялда рекъон, гIумруялде бахъинабулеб буго гьеб проект. Гьеб гIумруялде бахъиналъе жигараб гIахьаллъи гьабулеб бугила живго р мухъалъул бетIер Юсупов СагIидицаги. Умумузул рукъзал абуниги, магIарулазул рукъ абуниги, гьоболасул рукъ абуниги, гьеб рагьиялъул тIоцобесеб мурад буго нилъер магIарулазул гIадат-гIамал цIуни, магIарулазе хасиятаб рукIа-рахъин гIолеб гIелалда бихьизаби, цIорода нахъа гуреб, квер квашун, кодоб ккун, умумузул квен кванан. Жакъа магIарулазе гIадатияб жолъун лъугьун буго нилъерабго нахъе рехун, чияраб гIагар гьаби. Гьеб ккола нилъерго культураялъул пропаганда гьабулеб гIечIолъи. Амма гьанжегIаги гьелъие ахир лъезе заман щун буго».

Дагъистан, тIолго Кавказго гIадин, квешаб рахъалъ гурого бихьизабулеб гьечIила информалатаз, Дагъистаналъул гIадамазул сахаватлъиги, гIаданлъиги лъазе рес бугила рачIарал туристазда.

Цогидаб рахъалъ, жакъа киназдаго берцин бихьулеб бугила патриотизм абураб рагIи кIалзухъ бахъи, амма ВатIаналде рокьи чIобогояб бакIалдасан бижизе рес гьечIила, цогидаб культураялда нахърилълъунел рукIагойилан баян гьабуна нухмалъулелъ. ВатIаналде рокьи бижизе кканани, гьелъие букIине кколила кьучI. Гьединаб кьучIлъун кколила гIолеб гIелалъе жидерго умумузул рукIа-рахъингун лъай-хъвай гьабизе рес щвей.

Этникияб туризмалъ церетIезарун, гьеб гIатIидго тIибитIараллъун кколел руго Швейцария, Черногория гIадал улкаби, гьезул экономикаялъул яслияб бутIа кколеб буго этнотуризмалъ.

XS
SM
MD
LG