МагъчIваялъе рес

Мегеж тей такъсирищ кколеб?


Артур Бабаев
Артур Бабаев

9 марталда МахIачхъалаялда низам цIунулез иргадулаб нухалда ккун вукIана вуго «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Бабаев Артур. Полициялъул бутIаялда гьесда лъазабун буго гьев кинабалиго сияхIалде восун вугилан, щиб сияхI гьеб, щай гьев гьениве восаравалиги бичIчIизабун гьечIо. Живго Артурица жив кквеялъе гIиллалъун гьесул бахараб мегеж бугилан рикIкIунеб буго.

Итни къоялъ жиндирго къваригIелалъ МахIачхъалаялда Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб базаралде унев бакIалда низамцIунулез чIезавун вуго «Яблоко» сиясатияб партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Артур Бабаев. Щиб гьабизе чIезавурабалиги бичIчIIизабун гьечIо гьесда полициялъулаз, цохIониги я жидерго документ, яги гьев чIезавиялъе гIилла хъвараб кагъатги бихьизабун гьечIо гьез. Щибниги баянги гьабичIого мун дурго автомобилалдаги рекIун жидеда цадахъ полициялъул бутIаялде вилълъине кколин лъазабун буго гьесда. Автомобиль бачине Бабаевас инкар гьабураб мехалда цойги полициялъул автомобильги дагьалги хIалтIухъабиги ахIун гьев МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялъул бутIаялде щвезавун вуго.

Гьенив Артур Бабаевасда лъазабун мун цо кинабалиго сияхIалде восун вугила, гьединлъидал килщазул расеналъул суратги, дурго суратги бахъизе кколила хасаб базаялда лъезейиланин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев хисулев Эседов Альбертица.

Альберт Эседов: «Щиб сияхI гьеб, щай Артур гьениве восаравали лъазабизе кIвечIо жеги нижеда. Сон гьесдаги мухIканго гьеб сияхIалъул хIакъалъулъ полициялда лъицаниги бицунцин гьечIо. ЦохIо гьесда абун буго гьев 20I5 соналъул 23 январалда гьеб сияхIалде восун вугилан. Гьелъул хIакъалъулъ я Артурида я нижеда лъалеб жого букIинчIо. Гьесул буго бахараб мегеж, гьелъие гIоло гьоркьоса къотIичIого низамцIунулез чIезавула гьев, гьелъиего гIоло чаналиго нухалъ полициялъул бутIаялдеги вачун вукIана гьев. Гьениве щун хадуб гьев щив –кинали лъараб мехалда виччан толаан. ТIаса лъугьайин жал мекъи кканин абизе гьесда аскIоре чанцIулго полициялда чIахIиял хъулхъазда ругел гIадамалцин рачIун рукIана. Дуда щибниги гIайиб гьечIила, мун щив чияли жидеда лъалилан абун рукIуна гьел, амма гьедин букIаниги кквезеги ккола гьев низамцIунулез, гьанже гьеб сияхIалдеги восун вуго гьев. Гьелда тIадеги кинал чагIи гьенире росулел, щиб гьабизе гьел гIуцIулелалиги жеги бичIчIулеб гьечIо».

Украинаялда рагъ байбихьараб мехалда «Яблоко» партиялъ лъазабун букIана гьелда хурхун Россиялъ гьабулеб бугеб сиясаталда разигьечIила жалилан. Гьедин жидерго пикру загьир гьабун маршалгун митингалги тIоритIун рукIан яблокоялъулаз. Дагъистаналда бугеб бутIаялъги Украинаялда бугеб рагъуде данде ругин жалилан абураб хитIаб гьабун букIана Россиялъул тIалъиялде. Гьеб кагъатарун ккарабищин Артур Бабаев полициялъ кквеялъе ва гьезул сияхIалде восизейилан гIиллайилан цIехана «Эркенлъи» радияолъ Эседов Альбертида.

Эседов Альберт: «Дида ккола гьев Артур низам цIунулез кквеялъулъ щибниги нижер партиялъул сиясаталда хурхараб жо гьечIилан. Жеги цониги нухалъ партиялъул ишазе гIоло къуваталъул идарабазул нижедехун суалалги рукIинчIо. ТIадежоялъе гьеб кагътида нижеца Россиялъул тIалъиялъ гьабулеб бугеб сиясталде данде щибниги хъван букIинчIо. «Яблокоялъ» гьарурал маршаздегун митингаздеги ун рукIинчIо ниж. ЦохIо Украинаялда ва цойгидал бакIазда ругел рагъазде данде ругин нижилан абун хъван букIана гьеб кагътида».

Гьединго Эседовас бицана Бабаев Артурие низам цIунулез рахIат тунгутIиялда тIасан разигьечIолъи загьир гьабун, гьеб ишалъул цIех-рех гьабейин абун хитIабал гьарун рукIанила «Яблокоялъул» нухмалъиялъ Дагъистаналъул жанисеш ишазул министерасухъейилан. Гьединго къуваталъул идарабаз жиндир ихтиярал хвезарулел ругин, гьез жив къанунги хвезабун ккунин, къанунги хвезабун жиндир рокъоб чIухь базеги рачIун рукIанин Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъе кагъат живго Артур Бабаевасги хъван букIун буго, амма гьелъул щибниги хIасил ккечIин, гьединлъидал прокуратураялде ва цIех-рехалъул идараялде гьеб ишалда хурхун гIарзал хъвазехъин ругила гьесилан бицана Альбертица.

МахIачхъалаялдаса адвокат Руслан Айдемировасда цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Артур Бабаев гIадин рукIине кколел документалги гьечIого чи кквезе бегьулебищин низам цIунулез, гьединаб хIужа ккун бугони къануналъ кинин гIадамал цIунулелин, къуваталъул идарабазул гьел ишазда тIасан гIарза хъвазе бегьулебищилан.

Руслан Айдемиров: «ГIарзаяли низам-цIунулезул гьел ишазда тIасан хъвазе бегьула, щай бегьулареб, амма гьеб хъваялъул хIасил ккелебищин абураб суал бугоха. Гьеб буго цIакъ захIматаб иш. Къануналда рекъон бокьарав чияс хъвазе бегьула хасал идарабазде гьесул ихтиярал хвезарулел ругони, яги къанунги хвезабун гьев полициялъ ккун вугони. ГIемер рукIуна нилъер гьанир гьеб щибниги документги бихьизабичIого къватI бакьулъ ккун рачун полициялде гIадамал щвезари, гьенир гьел рухиялъул, инжит гьариялъул хIужаби. Амма цохIониги нухалъ полициялъулазе тамихI гьабурал хIужаби лъаларо дида. ЦохIого цо нухалъ Дербенталъул диваналъ хIукму гьабун букIана полициялъ чи къануналде данде кколареб хIалалъ ккун вукIанин абураб. ТIокIаб цониги мисал лъаларо дида».

Адвокатасул пикруялда рекъон гьел гIайибиял къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби тамихIалде цIангутIиялъул аслияб гIиллалъун буго коррупция. ДиванчагIазул системаги низам цIунулеб системаги цоцае хIалае бахъунила кидаго, гьез кIванагIан жидерго мухъилъа чи къварид гьавизеги толарилан абуна Айдемировас.

Артур Бабаев щиб сияхIалдейин восун вугевин, сундуе гIолойин гьев ккуравилан цIехезе «Экренлъи» радиоялъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъулгун бухьен гьабуна. Гьез абуна жидеда гьеб хIужаялда тIасан гьаб сагIат кинабгIаги баян кьун бажаруларилан.

XS
SM
MD
LG